Аслияб гьумералде

ХIажаталъув ватулев

ХIажаталъув ватулев

ХIажаталъув ватулев

Шамхал поселокалда гIумру гьабун руго лъикIал, сахаватал гIадамал. Гьезул цояв ккола Хизри ПасихIов. Гьев вуго чара гьечIого жамагIаталъе хIажатав чи.

 

Чи хвараб бакIалда тIоцебе Хизри тIалаб гьавула, гьес хабалазда гIадлу чIезабун буго. Жаназа чуриялдасан байбихьун, лахIдуялъув хварав лъезегIан кинабниги иш Хизрил нухмалъиялда гъоркь уна.

Мажгиталда жаниб рацIцIа-ракъалъи гьабиги Хизрил бербалагьиялда гъоркь букIуна. Гьабулебщинаб жо гьес цIакъ рекъезабула.

Гьес цIалула мавлидалги. Гьес гIемер абула: «Туда ходи, сюда ходи, но иногда и в мечеть заходи», - ян абунги.

ЖамагIат цIакъ рази буго Хизридаса ва гьарула гьесие щулияб сахлъигун халатаб гIумру.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...