Аслияб гьумералде

«Реццалъе мустахlикъав»

«Реццалъе мустахlикъав»

Дир руго кlиго цадахъ гьарурал васал, дагьал цере гьел цого унтуца ккана МахIачхъалаялда кlиабилеб больницаялде. Гьенив нижеда дандчlвана цlакъ хlеренав, гьунар тlокlав, кlвар кьун унтарасухъ валагьулев гlолохъанав хирург Агъвалиса Иман Шапи абурав вас.

 

Бисмиллагь бахъун гурони унтарасда квер хъваларев, Иман Шапица анкьида жанир сах гьарун дир васал рокъоре риччана.

Иман Шапи нижер хъизамазул рахъалъан дуе гьарула чорхое сахлъи, мурадалде щвей, анишал тlурай.

 

Лъимал хъизамалда 

Баракат лъеги

Рарал какал кlалал

Къабул гьареги.

 

Гlумру сон халалъаги

Хвел рикlкlалъаге

Хиянат чагlазда

Мун кlочон тайги.

 

Дуе пагьмо кьурав

Бетlергьанасул

Баркатги рахlматги

Тlаса унгеги.

 

 

Суайбат Ибрагимова, ГIуриб росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...