Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

ДРялъул муфтияталъул тIадкъаялда рекъон, Лаваша районалъул Урма росдал имамлъун тIамун вукIана Камилов АсхIабгIали-хIажи.  Гьес имамлъи гьабуна 2021 соналъул июналдаса бахъараб 2022 соналъул ахиралде щвезегIан. Гьединлъидал нижее, ай росдал жамагIаталъе бокьун буго, газета гьоркьобккун, гьесие баркала загьир гьабизе.

 

Нижер росулъ букIана 1800-абилеб соналдаго бан букIараб мажгит. Росуги кIодолъун, гьеб гIолеб букIинчIо ва жамагIаталъул хIукмуялда рекъон, 2015 соналда байбихьана мажгит кIодо гьабизе. Гьениб гьабулеб хIалтIи щун букIана жаниса къачIаялде ва гьелдаса нахъе кинабго хIалтIи гьабуна АсхIабгIали-хIажиясул нухмалъиялда гъоркь. 

Нижехъе вачIиндал, рузманалъул вагIзаялда, гьес абуна:

- Дун нужер росулъе имамлъун витIун гьечIо, гьаниб ислам загIиплъун бугинги абун. Нужер росулъа рахъана гIемерал гIалимзаби ва жакъаги гьаб буго ислам цебетIураб, диниял гIадамазул бакI.  Урмадирил гIалимзабазул хIакъалъулъ умумузго бицунаан ва дида лъала нуж цIакъ сахаватал, хIажатаб кумек гьабизе гIедерал чагIи рукIин. Дун гьаниве витIун вуго нужеца гьабулеб хIалтIуе кумек гьабизе, - ян.

АсхIабгIали-хIажиясул жигаралдалъун мажгиталда гIемерал хIалтIаби гьаруна.  ТIоритIана гIелмиял мажлисал, батIи-батIиял къецал.  Араб соналда «Ас-салам» газеталъе подписка гьабиялъул рахъалъ босана чIчIел. КIудияб хIалтIи гьабуна гьес росулъ ресукълъиялда ва бесдаллъиялда хутIарал лъималазе. Росдал школалъулги ясли-ахалъулги кидагосев гьоболлъунги вукIана гьев.

Цебе букIараб мажгиталъуб гьес гIуцIана лъималазе дарсал лъолеб мадраса. Гьединго росулъ буго Къакъа-махьиса ГIабдулвахIид-афандиясул (къ.с.) цIаралда бугеб ДИУялъул филилалъул мадрасаги.

АсхIабгIали-хIажи вуго хIалимав, вихьидалцин рекIее асар гьабулев инсан. Гьесул ахирисеб вагIзаги нижеда кидаго кIоченаро. Гьес абуна, цебе букIараб мажгиталда къотIизе тогейила росдал лъимал цIализари, нуж цоцаздаса тIасаги лъугьайила гIицIав Аллагьасе гIоло.

Цоги нухалда абуниги, ракI-ракIалъулаб баркала буго АсхIабгIали-хIажиясе, гьесул хъизан-агьлуялъе, гьесие лъикIаб тарбия кьурал гьесул мугIалимзабазе, хасго ГIали-хIажи афандиясе (къ.с.), нижехъе гьев витIарав муфтиясе, КъулецIма росдал жамагIаталъе. 

 

Урма росдал жамагIат

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...