Аслияб гьумералде

КIалбиччанкъоялда хурхун

КIалбиччанкъоялда хурхун

10-гIан сон буго кIалбиччанкъоялда хурхун Шамил районалъул Ругъелда кIалбиччан хадусеб къоялъ районалъул росабазул имамзабиги гIалимзабиги ахIун мажлис тIобитIулелдаса. Гьелъие кьучI лъуна гIалимчи ГIусман-хIажияс.

Гьале исанаги гьелда гIахьаллъана гIемерал имазабиги, къелдерил росабазул жамагIаталги. Данделъиялда рорхана жакъасел къоязул кIвар бугел суалалги, бицана гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулги, гьединго, инсанасул букIине кколеб хьвадачIвадиялъулги хIакъалъулъ.

Данделъи нухда бачана ругъелдисезул имам Аюбица. Гьенирго къиматал сайгъатаздалъун кIодо гьаруна рамазан моцIалъ тIоритIарал как битIун баялъул ва битIун какие чуриялъул конкурсазда бергьаралги, мажгитазде хьвадулел лъималги, гьоркьоб течIого рамазаналъ мажгиталде как базе рачIаралги.

САЙПУЛА ГЬИТIИНАМУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...