Аслияб гьумералде

ЖамагIат разияв бегавул

ЖамагIат разияв бегавул

ЖамагIат разияв бегавул

Хъумторхъала районалъул Темиргъое буго батIи-батIиял миллатазул вакилзабаздаса гIуцIараб росу. Бугониги, росулъ гIадамал руго щиб хIажалъи кканиги цоцае хIалае рахъунел, щивас жидедаса бажарараб кумек росдае ва жамагIаталъе гьабулел. 

 

Жиндаса бажарараб кумек жамагIаталъе гьабулев ва гьаби тIалаб гьабун хьвадулев сахаватав инсан вуго росдал бегавул Заур Ибрагьимов. Заур бегавуллъун ккаралдаса гIемер заман гьечIониги, росулъ гьес гьабуна лъикIаланго хIалтIи, аслиял нухазде тIуна хъил, гьабуна къватIазда канлъи, цIигьабун хисизе ккаралъуб канализация гьабуна, цIиял рукъзал ран поликлиникагун цоги-цогиял жамгIиял бакIал къачIана, торгIо хIалеб стадионги гIатIид гьабун, гъоркь тIибитIараб газон хисана. ЦIияб ясли-ах баялъеги хIалтIи гьабулеб буго.

Заурица гIахьаллъи гьабула росулъ тIоритIулел диниял тадбиразда, имамасда аскIов чIун, гьенибги бажарараб кумек камизе толаро.

Дунялалъул рокъор нилъ руго цоцазде хIажалъулел, мурадал тIубай тIалаб гьабун тIаде-гъоркье щолеллъун. Гьедин жинда аскIове вачIарасе кумек гьабизеги Заур кидаго хIадур вукIуна. 

Гьединлъидал бокьун буго, «Ас-салам» газета гьоркьобккун, росдал жамагIаталъул рахъалдасан гьесие ва цадахъ хIалтIулей ПатIимат ХIусеновалъе ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе. Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ бокьула нужеца нужерго хIалтIи ракIбацIадго гьабулеб мехалъ», - абун (Байгьакъи).

Аллагьас ﷻ гьеб хIадисалда рехсаразда гъорлъа ватаги Заурги гьесул хIалтIухъабиги.

Гьарула гьезие гьабулеб ишалъулъ икъбал, чорхое сахлъи, жамагIат рази бугебго гIадин Аллагь ﷻ разилъиги.

 

ЖамагIаталъул рахъалдаса хъвана МухIаммадгIариф Къурбановас

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...