Аслияб гьумералде

Къиматаб шапакъат - херазул гьари

Къиматаб шапакъат - херазул гьари

Къиматаб шапакъат - херазул гьари

Баркала, хирияй, нижер тIалабал,

Умумузул гIадин тIуралей дуе.

Щулияб сахлъигун халатаб гIумру

Насиблъаги дуе гIумрудул нухда!

 

Гьадинаб гьари гьабула Гъуниб КЦСОНалъул БацIада росулъа социалияй хIалтIухъан Зургьалова Аминатие, гьелъул тIалабалда ругел ичIго херас ва инвалидас. КIудияб хъизамалда гIурай Аминатида хIалтIул тIоцебесеб къоялъго бичIчIана чIахIияздехун гьабулеб бербалагьи тIаса-масагояб букIине бегьулареблъи. Херазухъе ячIин графикалда рекъон бугониги, гьабулеб хIалтIи мухIканго, гIедегIичIого, чIухIичIого тIубала. Гьелъги батиларищха харабазда гьей жидерго яслъун йихьулей.

 

 

 

 

Кидаго кумекалъе ятулей, мурад тIубазе хIадурай Аминатида баркула Россиялъул социалиял хIалтIухъабазул къо. Гьарула гьелъие щулияб сахлъи, талихI-рохел, халатаб гIумру ва кинабго лъикIабщинаб.

 

ГIумар ГIумаров

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...