Аслияб гьумералде

Аллагь разилъаги

Аллагь разилъаги

Аллагь разилъаги

Ассаламу гIалайкум, хирияб «Ас-салам» газеталъул хIалтIухъаби! Бокьун буго, газета гьоркьобккун, ракIракIалъулаб баркала загьир гьабизе росужамагIаталъе кумек кIудияв, гIадамал жиндаса разияв Аминов МухIаммадие.

Октябралъул къояз нижеца васасе ригьин гьабуна. Гьебги тIобитIана МухIаммадил хIаракаталдалъун росулъ гIуцIараб «Радость» лагералда. МахIачхъалаялда ругел залаздаса нахъе ккараб щибго букIинчIо гьениб. Ниж хIикмалъун хутIана лагералда рукIа-рахъиналъе чIезарун ругел шартIалги, рацIа-ракъалъиги, бихьиназул ва руччабазул хасал мажгиталги, хинаб ва цIорораб лъим жаниб чIезарурал хIажатханабиги рихьидал.

Дие ва дир гIагарлъиялъе бокьун буго, нижер ургъел бикьун, лагералъул залалда гьеб рохалилаб тадбир нухда бачине рес кьун кумек гьабурав сахаватав МухIаммадие ва гьесул хъизан-лъималазе талихIги рохелги гьаризе. Ниж гIадин Аллагьги разилъаги гьесдаса. БетIергьанас кIиябго рукъалъул лъикIабщинаб насибги гьабеги.

ГIАИШАТ, ШАМИЛ РАЙОН, КЪВАНИБ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...