Аслияб гьумералде

Кумекалъе ратаразе баркала

Кумекалъе ратаразе баркала

Балагь бачIараб мехалда гIадамазе хIалае ратиялдаса кIудияб гIаданлъи букIинаро ва гьединаб мехалда щвараб баркалаги кириги киналдасаго хирияблъунги рикIкIина. БихьараздагIадин гьединаб кумекалъул кутакги лъалеб батиларо. Нижеда абуни балагьалъул квешлъиги кумекалъул лъикIлъиги бихьунги хIехьонги лъана.

Исана кIиабилеб январалъ, къаси сордо кватIидал, тохлъукьего цIаги рекIун цIергIадин мина-къайи бухIана, нижгоги талихIалъ хIалица къватIире рорчIана. ГьитIинаб жамагIаталъул кутак гIечIо гьелегьараб цIаялде данде. Гьезие киназего кIудияб баркала квачалъукь рогьараб доб сордоялъухъги бикьараб ургъелалъухъги. Нижеда бихьараб гьезда ва лъидаго бихьугеги.

Гьединго, киназухъего кодобе щолеб «Ас-салам» газета гьоркьобккун, ракIракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго, малъкъосараб хIалалда рукIаго нижехъе хIалакун тIаде щварал ва кумекалъул квер чIварал росуги районги цоял гIадамазе. ЦIаралккун рехсани, ЧIилда росулъа Шамил ва ХIабибулагь Лабазановазе, ГIаликолоса МирзагIалиевазе, Мазада росдал администрациялъул бетIер Дибиров Рашидие, ЛъаратIа районалъул РОВДялъул хIалтIухъабазе, нухазда ва ихтияразда бан дагьал кватIун рукIаниги, тIаде щварал ва саламатаб захIматги цIан цIадул хIенхIал лъугIизариялъе кумекалъе ратарал МЧСалъул ЛъаратIа цIа свинабиялъул хъулухъалъул нарядазе. Балагьал лъагеги, къварилъаби дагьлъаги, хабарал лъикIал гурони рагIугеги.

БАСИР ВА ХIАБИБ КЪУРБАНОВАЛ, ЛЪАРАТIА РАЙОН, НУГIРУХЪ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...