Аслияб гьумералде

«Инсаналъул» баракатаб хIалтIи

«Инсаналъул» баракатаб хIалтIи

«Инсаналъул» баракатаб хIалтIи

ГIемераб хIалтIи гьабула «Инсан» фондалъ Шамил районалдаги. Гьелъул иш тIубала ва гIадамал разияб куцалда хIалтIи гьабула фондалъул вакил Шамил ЗайнулгIабидовас.

- Шамил, мискинал гIадамазда кверчIвай гьабиялъе гIураб сурсат киса щолеб фондалъе?

- Аслияб куцалда, закагIаталдаса щвараб ва сахаватал гIадамаз кьун. Дудаги бихьун батила, щибаб рузман къоялъ телефоналде битIун (вацапалде) нижеца ракIалде щвезабула фондалъул реквизитал. Хирияб къоялъ кьураб садакъаги хирияб букIунелъулха. Гьеб фонд цIакъго бечедаб букIинаан районалда ругел тукабазул нухмалъулез ракIбацIадго закагIат кьолебани.

- Бокьилаан нужеца гьабулеб кумекалъул дагьаб гIатIидго бицани?

- Бицина ахираб заманалда гьарурал хIалтIабазул. Рамазан моцIалъул щибаб къойил кваназавуна 150-200 чи. Киналго мутагIилзабазе кьуна 10 аза-азар гъурущ, имамзабазе гьабуна кумек. ЗахIматго унтаразе, операция гьабизе ккаразе, дараби росизе гьабуна кумек. Гъогъолъ росдал мажгиталда цIа ккедал кьуна кIиго миллонгун 60 азарго гъурущ, ХIебда мина бухIаразе - 120 азарго гъурущ. Къурбан къоялъ ресукъазе бикьана тоннагун 150 кг. гьанал. Росабалъ ресукъал гIадамазе бикьана ретIел-хьит. Зама-заманалда тIоритIула акциялги. Исана цIали байбихьилалде районалде ахIун рукIана ресукъал хъизамаздаса лъимал. Гьезие кьуна ретIел-хьит ва цIалул къайи. Районалде рачIинчIезе, росабалъе унги бикьана.

- Нужер кумекчагIи щал кколел?

- Нижее кумек гьабула бакIазда ругел имамзабаз, росабазул бегавулзабаз, волонтераз.

- Бикьулеб къайи-цIа гьез жидеего бокьухъе кьезе бихьизабуни…

- Нижеца гьелде мухIканго хIадурлъи гьабула. Дандбала имамзабазда, бегавулзабазда, гIолилазул советалъул нухмалъулезда, волонтеразда, школазул директорзабазда.

«Инсан» фондалъул хIакъалъулъ гьадин бицана районалъул имам МухIамад ГIариповасги:

- Шамилица киналго суалал нижеда дандрала. Гьев росабалъе щола, фондалъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицуна, закагIат бахъизе кколеблъи ракIалде щвезабула.

Сайпула ГьитIинамухIамадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...