Аслияб гьумералде

ЖамагIатчиясе баркала

ЖамагIатчиясе баркала

Бокьун буго, «Ас-салам» казият гьоркьоб ккун, баркала загьир гьабизе нилъер диналъул вац НурмухIаммадил ГIабдулагьие.

ГIабдулагь ккола Шамил районалъул ТIелекь росулъа, гьев вуго росулъ гьабулеб кинабго хIалтIулъ гIахьаллъи гьабулев чи. Росдал мадрасалда гьес гьабураб хIалтIулги хасс гьабун бицаниги бегьула. Росулъ «Ас-салам» казият хъвазеги гьабула ГIабдулагьица кIудияб хIалтIи. Гьарула Аллагьасда ﷻ гьединал хIалтIабазулъ гIахьаллъи гьабизе ГIабдулагьие щулияб сахлъи, агьлу-хъизамазулъ вохун тей, халатаб, Аллагь ﷻ разияб гIумру.

ЖамагIаталъул рахъалдасан баркалагун ва лъикIабщинаб гьаригун Къебедов ГIумарасхIаб.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...