Аслияб гьумералде

Как бай – сахлъи цiуни

Как бай – сахлъи цiуни

Исламияб диналда жаниб бугебщинаб лъикIлъиялъул ва пайдаялъул гьаб дунялалда, хасго ахираталда щвезе ругел, рицун хIалкIвеларо цо чиясул тIубараб гIумруялдаго. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицунеб рагIула нилъер гIалимзабазги.

Балагье цо гьадинаб хIикматалъухъ. БатIи-батIиял унтаби раккизе ругин абулеб буго тохтурзабаз жиндир рагъа-рачари дагьал гIадамазулъ. Хасго гьел цIикIкIунила ригь арабгIан. Гьелъул хIасилалда бидул тIадецуй цIикIкIунила.

ХIатIал гIемер хIалтIизарулел гьечIони гьениб бугеб бугеб би хьвади хIинцлъиялдалъун рекIелъе би кьаби захIмалъулин чIезабулеб буго тохтурзабаз. Жеги раккизе рес бугила варикоз, музгъзал унти, ургьисалабазул загIиплъи ва цогидалги унтаби.

Гьединал унтабаздаса цIуниялъе тохтурзабаз абулеб буго рагъа-рачари, хьвади ва къула-ворхиялъул зарядка гьабизе кколин абун. Гьелъул хIалбихьулел гIадамал дагьал гьечIо, лъикIаб хIасилги кьолеб буго гьез. ХIатта малъулеб буго гьоркьо-гьоркьоб эхеде квералги ритIун гIодове къулиялъ лъикIаб хIасил кьолин гIемерал унтабаздаса цIуниялъе. Гьебги 5-6 нухалда такрар гьабизе лъикIаб бугин абун.

Гьанже рачIаха пикру гьабун балагьилин исламалда жанир нилъеда тIад гьабун бугеб какалъухъ. Хасго гьеб базе мажгиталде унев вугев чиясул кигIанасеб рагъа-ракари кколеб бугебали. Гьединго жибго какида жаниб гьечIищ гьарзаго гьез рихьизарулелдасаги цIикIкIун къула-ворхиял.

Щибаб къойил какал ралев чи, хасго мажгиталде хьвадулев, цIунун вукIунев гьечIищ гьел киналго унтабаздаса. Гьелде тIаде, БетIергьанасул рахъалдаса кириги гьечIищ? Какил хиралъиялъул хIакъалъулъ дагьал хIадисалищ ругел?

Аварагас хIадисалда абулеб буго: «Щуго как буго Аллагьас Жиндирго лагъасда тIад гьабураб, гьезул хIакъаздаса щибго жо камизе течIого, гьезулъ щибго кIарчанлъиги гьабичIого, гьел рарав чиясе Аллагьасул рахъалдасан алжаналъуве лъугьинавилин къотIиги буго».

Аварагасул хIадисалда буго: «Как баялъ Аллагь рази гьавула, гьеб барав малаикзабазе вокьула, аварагзабазул нух кквейги буго гьеб, Аллагьасул нурги буго, дугIаялъе жаваб гьабиги, гIамалал къабул гьариги, ризкъиялда баракат лъейги, чурхдузе рахIатги, тушбабазде данде ярагъги, шайтIаналъе рихинги буго».

Какалъ Малакулмавтасда аскIоб шафагIат гьабула, хабалъ чирахълъун букIуна, жинда гъоркь тIамулеб бусенлъун букIуна, Мункар-Накирасе жаваблъун букIуна, Къиямасеб къо чIезегIан гьесул хабаде зиярат гьабулебги букIуна.

Къиямасеб къо чIараб мехалъ как лъугьуна чиясда тIад рагIадлъун, бетIералда тажлъун, черхалъе ретIунеб ретIеллъун, гьесда цебе хьвадулеб нурлъун, муъминзабазе хIужалъун. ТIадегIанав Аллагьасда цебе гIамалазул бищун хирияб гIужда бараб как буго.

Аллагьас тавпикъ кьеги бихьизабураб куцалда мухIканго ва хIузуралда щибаб как базе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...