Аслияб гьумералде

Мажгит цIи гьабуна

Мажгит цIи гьабуна

Шамил районалъул ГиницIороб росулъ букIана басриябго мажгит. Рес букIинчIо гьеб цIи гьабичIого. Гьединаб хIалги бихьун, хIалтIи гьабизе цеве вахъана Хириясул МухIаммад.

Амма гьев Аллагьасул ﷻ къадаралде щвана. Кин бугониги гьес байбихьи лъураб иш рагIалде бахъинабизелъун хIалтIана росдал жамагIат. ХIажатал сурсатал чIезаризе кумек гьабуна шагьаралда гIумру гьабулел росуцоял Гъазибеговаз, ГъазимухIаммадоваз, ХириясулмухIаммадоваз, ГIамир-хановаз, ГIамаеваз, Хайрулаеваз, Малилаеваз ва цогидазги. Кирпичалдалъун кумек гьабун букIана мунагьал чураяв Шабанов МухIаммадица. Кумекалъе рачIана мадугьалихъ росабалъа жамагIаталги. Гьезиеги буго баркала.

Гьаракь берцинав будун

Росдал мажгиталда будунлъи гьабулеб буго ГIамирханил Лабазанил вас МухIаммадица. ГIолохъанаб заманалда пединститутги лъугIизабун росулъе учительлъун хIалтIизе вачIаралдаса, МухIаммадица, щибго мухьги босичIого росдае будунлъи гьабулелдаса 22 сон буго. Гьесул как ахIулеб гьаракь рагIула сверухъ ругел Зивуриб, ТIелекь, ТIогьохъ ва цогидалги росабалъе.

МухIаммад цохIо будунлъи гьабунги чIоларо. Гьес росдал гIи-боцIул гIадлу-низамги гьабула.

Рорхатал мугIрузда, магIарул росулъ
Будунасул гьаракь рагIулеб буго.
Аллагь кIодо гьавун, такбирги бачун
ХIабибасул уммат хвасар гьабеян. 

Заирбег МухIаммаднабиев, Шамил район, ТIогьохъ росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...