Аслияб гьумералде

Баркала кумекалъухъ

Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.

 

Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина, жаниб букӀараб магӀишат нахъе бисизе щибго жо щвечӀого бухӀана. АлхӀамдулиллагь, Аллагьасе рецц, чиясе зарал ккечӀо. Гьеб къварилъиялда рукIаго нижехъе рачӀана «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул жавабиял ва гьабуна кумек. Ниж мина цӀи гьабизе лъугьана. Амма гӀадамазул кумек гӀарцудалъун гьабун лъугIичIо.

 

 

 

 

 

 

Нижее кумекалъе рахъана росдал жамагӀат, аскӀор ругел ГӀочӀлоб МочIохъ ва Гьарадерихъ росабазул гӀолохъаби. Жакъа къоялде щвезегӀанги гӀадамаз гьабулеб ишалъулъ гӀахьаллъи гьабула, хӀалае рахъуна.

Гьелъ, нижее бокьун буго, тӀоцебесеб иргаялда, БетӀергьанасда гьаризе тохлъукьего рачӀунел балагь-къварилъабаздаса киналго цӀунун хутIагийин абун. Хадуб, гӀарцудалъун бугониги, кверзул багъариялдалъун батаниги, ракӀ батизабун сабруялъул рагӀи абурал ругониги, щивасе баркала буго. Гьарула киназего сахлъи, гьабулелда баракат лъей, лъимал-хъизаналдаса, магӀишат-яшавалдаса разилъи. Аллагьас къабул гьабеги щивасул кумек, гьабураб садакъа. Киназего баркала, Аллагь разилъаги нужедаса.

 

ГӀабдурахӀманил ГӀалисканди

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...