Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» гьудулзаби цIикIкIана

«Ас-саламалъул» гьудулзаби цIикIкIана

«Ас-саламалъул» гьудулзаби цIикIкIана

Исламияб газеталъул магIнаги хиралъиги бичIчIулеб буго гIадамазда. Щибаб къоялъ гьелъул хIакъалъулъ бицуна мажгиталдаги, мажлисалдаги, гIадамал данделъараб росдал годекIанибги.

МагIарулазул «Ас-салам» газета къойидаса къойиде лъикIлъулеб букIиналъги гъира базабулеб буго гIадамазул, гьеб цIализеги гьелдаса пайда босизеги. Гъуниб районалъул КIуяда росдал ГIурала мажгиталда гъорлъе унел кулабазда гIумру гьабун ругел гIадамазда гьоркьоб цIикIкIана цIияб соналъе газеталъе подписка.

Кинабниги гьанжеялде гьеб хъван буго кIикъоялда анцIгоялде гIагарун чияс, тIадеги гIемер руго газета хъвазе бокьаралги. Хасго гьелъие цебехъанлъи бихьизабуна ГIурала росдал гьоркьохъеб школалъул мугIалимзабазул ва техникиял хIалтIухъабазул тIолабго коллективалъ. ИншаАллагь, гьезул щивав чиясул рокъобе бачIине буго «Ас-салам» цIияб соналъ. Аллагь разилъаги нилъедаса лъикIал ишал гьаризе, тавбуялде руссине ва Исламияб диналъе бажаранщинаб квербакъизе!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...