Аслияб гьумералде

Лъик1ал ишазул цевехъан

Лъик1ал ишазул цевехъан

Лъик1ал ишазул цевехъан

ЖамгIияталъе пайдаял, лъикIал ишал гьарулаго гIумру унел, амма жидерго гIадатлъиялъ ва тIабигIат-гIамал берцинлъиялъ гIадамазул берзукь рукIунарел, кигIан мустахIикъаб бугониги рецц-бакъги тIалаб гьабуларел гIемер руго нилъеда гьоркьор. Гьединазул цояв ккола Хунзахъ росулъа ХIусенов МалахIусен.

 

Жакъа гъасда хIанчIараб хинкIалдаса байбихьун жидер гIумруялда жаниб лъугьунебщинаб жо социалиял гьиназдасан цоцазухъе рехун ва статусазда лъун тIибитIизабулеб гьаб заманалда, хIакъикъаталдаги лъикIал ишазул цевехъанасул хIаракатчилъи балъго чIезабизе ккеларо.

МалахIусен вуго жамгIияв хIаракатчи. Гьесул хIаракаталдалъун районалдаго къачIан руго анцI-анцI зияратал, мажгитал ва цогидалги гIаммал бакIал. Мисалалъе, Хунзахъ «Ччотода» авалалда ругел, нилъее баракат щваяв Абулмуслим-шайихасда цадахъ рачIун рукIарал вализабазул зияратал гьесул хIаракаталдалъун цIигьарун къачIан руго. Жеги хIалтIаби гьаруна гьебго авалалда бугеб некIсияб къулгIаялда, ХIамзат имамасул хоб бугеб бакIалда, ГIумар-хIажиясул ва ГIабдурахIман-хIажиясулги (къ.с.) гьесул хъизан ФатIиматилги зияратазда.

Республикаялъул казначействоялъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасги гьабула кIудияб кумек жамгIиял хIалтIабазулъ, гьесул бажариялдалъун къачIана тагIзият гьабулеб бакI.

2014 соналда цIигьабун къачIана, Самилахъ авалалда бугеб, Абулмуслим-шайихасул зиярат. 2022-2023 соназда капиталияб ремонтги гьабун къачIана зияраталда бугеб мажгит. 2017-2018 соназда къачIана гьениб аскIоб бугеб руччабазул мадрасалъул жанисеб рахъги, жанибго гьабуна какичуризе санагIалъиги. Дагьаб цебегIан ГIабдулпатахIица бичун босана гьениб аскIоб букIараб мина ва гьебги руччабазул мадраса гIатIид гьабизе кьуна. МутагIилзабазе азбар гьабун санагIалъаби рукIинелъун парк гьабизе аскIоб букIараб участокалъул суал тIубана росдал бегавул МухIамад ТIалхIатовасги. Гьединго киналго шартIалги гIуцIун къачIана росулъ бугеб жаназа чурулеб бакI.

Росулъ хоб гьечIел, амма машгьурал росуцоял, Шамил имамасул наибзаби - Хириясул ГIалибегил ва Ахъбердил МухIаммадил цIаразда, гьел ракIалдещвеялъул мурадалда, рехсараб авалалда сахаватчагIазул кумекалдалъун бана цIияб парк.

Росулъ батIи-батIиял бакIазда ругел хабалал гIатIид гьаруна, базе ккаралъуб къед гьабун ва тIасан маххул чалиги ккун, цIиял нуцIбиги лъун гьаруна цо-цоял щула. КъватIисанги жанисанги къачIана росдал цогидабги мадрасаялъул мина. Сверухъ ругел гIуцIабазда хIалтIулел руччабазе какие чуризе ва как базе хьвадизе санагIалъи букIунедухъ гьаруна цо-цо бакIазда хIажатал шартIалги.

«ТIагьалъ» авалалда букIараб жиндирго участок кьуна МалахIусеница цIияб мажгит базе ва сахаватчагIазул кумекалдалъун гьениб бана 400 чияс цадахъ как базе рес бугеб кIудияб, кIитIалаяб мажгит.

Райцентралда гуребги, муниципалитеталъул цогидал росабазде, хIатта район бахун къватIибехунги щвана МалахIусенил квер. Гьедин, гьесул хIаракаталдалъун къачIана шайизхабазул зияратал: ГьоцIалъ – ХIажиясул МухIаммадил ва ГIабдулмажидил МухIаммадил, ЗагIиб – Дибирил ва Багьавудинил, Гиничукь – Инквачил Дибирил ва ГIусманил, Шотода –ХIажиясул МухIаммадил, ХIамзатил ва АхIмадил.

Гьединго Гиничукь лъун буго гьениса Кавказалъул ва граждан рагъазда чIваразе мемориалияб хъарщи.

ЦIалкIитIа росулъ бугеб зияраталдаги гьабуна хIалтIи.

Болъихъ районалда Бадрудин-афандиясул (къ.с.) ва гьелдаго аскIоб бугеб Инхелоса Къурбанил зияратаздаги гьабуна бажарараб хIалтIи.

 

И. МухIамадов, Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул мухбир

 

 

 

«Ччотода» авалалда Гlумар-хlажиясул зиярат
Ахъбердил Мухlаммадил ва Хириясул Гlалибегил цlаралда бугеб парк
«Тlагьалъ» авалалда бараб цlияб мажгит
ТагIзият гьабулеб бакl

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...