Аслияб гьумералде

Баркалаялъул кагъат

Баркалаялъул кагъат

«Ас-салам» казият гьоркьобккун бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе лъикIав муъминчи, Къуръаналъул мугIалим КъурбангIалиев МухIаммадгIарипие.

Анкьабилеб июлалда МахIачхъалаялда рарал цIадазул хIасилалда, дир яцалъул рокъобе кIанцIана лъим. Гьелъул хIасилалда яцалъул рукъалъе ккана кIудияб зарал, азбаралде чвахараб лъеда цадахъ бачIана хIари, гIисинаб гамачI.

Гьениб бищун цеве нижее хIалае щвана мажгиталде какиде ун тIадвуссун вачIунев вукIарав МухIаммадгIарип. Нижерго гIагарлъи тIаде щвезегIан гьесги, гьесул хъизан Хадижатицаги гIемераб хIалтIи гьабун батана. Сваканги ратилин, нужергоги гьабулеб иш гьечIого батиларин нухда регIулел рукIаниги, гьел кIиялго ахирисеб хIалтIи гьабун лъугIизегIан нахъе инчIо.

Гьединлъидал, гьаризе бокьун буго гьел сахаватав муъминзабазе кIиябго рукъалъул талихI, Аллагьасул разилъи, БетIергьанас насиб гьабеги гьел кIиязего лъикIабщинаб ва гIумруялда баракат лъей.

Гьедин, къваригIаралъуб цоцазе кумек гьабулел сахаватал гIадамал рати дица рикIкIуна бахIарчилъун. МухIаммадгIарипил васалги руго инсуда релълъарал, хIажалъи ккарасда аскIор рахъун чIолел. Гьездаса кидаго вохун хутIаги мун, МухIаммадгIарип.

Нижги, МахIачхъала шагьаралъул, Мурсалова 89-а адресалда гIумру гьабун ругел.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...