Аслияб гьумералде

Реццалъе мустахIикъав

Реццалъе мустахIикъав

Инсан берцин гьавула гIамалхасияталъ, жинда сверухъ гIуцIараб тадбир рацIцIалъиялъ. ГIадан хиралъиялъ, гьев кIодо гьавиялъ, гьездехун бугеб берцинаб бербалагьиялъ, гIорхъи гьечIеб рокьиялъ, битIун гIумру гьабизе лъаялъ, къваридасухъе квер кьун, мискинасда кверчIван, гьезул тIалабазда вукIиналъ, бачIанщинаб къоялъ Аллагьасе гIоло нигаталда хIетIе лъолев, иманги яхIги чорхолъ бессарав, унго-унгояв ракIбацIцIадав муъминчиясул тӀабигIаталъ. Гьединаздасан ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росдал мажгиталъул имам ХIалакъов ХIажимурад.

Гьев ккола Хьаргаби районалъул КIикIуни росулъа. 5 соналъ Буйнакскиялъул Исламияб Университетги лъугIизабун, 20 сон барав ХIажимурад витIула ГьоцIалъ росулъе мажгиталъул имамлъун.

8 соналъ гьенивги хIалтIун ХIажимурад вачIуна Шамил имамасул цIаралда бугеб Харахьи мажгиталде имамлъун. Шамилие имамлъи кьураб, наиб жаниб вахъарав, рикIкIен гIемерал гIалимзаби гIурал росулъ ХIажимурадица тIоцебего бихьизабуна хIалтIудехун бугеб гIорхъи гьечIеб рокьи.

МагIарде лъеде рахине кканиги, субботникал гьарулелъулги, спортивиял къецал тӀоритӀулагоги, гьев гIахьаллъула росулъ тӀоритӀулел киналниги тадбиразда ва бергьаразе сайгъаталгун грамотабиги кьола.

Гьесул бетIерлъиялда гъоркь росдал 4-5 хабзал рацIцIад гьаруна заз-хъарахъалдаса. Гъоб захIматаб 2020 сон нижер росдаеги букIана кIудияб ками жаниб ккараб, гIемерал лъикIалщинал гIадамал къадаралде щвараб. Аллагьас иманалда тIоритIун ратаги киналго.

Пандемиялъул заманалда ХIажимурадие рекIее рахIат букӀинчӀо. Гьадинаб кIудияб, 450 цIараки бугеб, нижер росулъ, унта-щокълъаразухъе, гьезие хӀажатабгун цогидаб къварилъи цӀехон 2-3 нухалъниги ХӀажимурад щвечӀеб рукъ хутӀун батиларо.

Гьединаб захӀматаб заманалда ХIажимурадил цо рагIиги дарулъун ккун батилин ккола гIадамазе. Аби бугелъулха, унтарасе цо тохтурасул берцинаб рагIигицин дару бугилан. Гьеб гуребги ХIажимурад вуго хIалтIи гьабулесе къимат кьезе лъалев, гьезул ракI батизабулев чи. Росулъ гьарула мавлидал, ифтIарал.

ЦебегIанго тӀобитӀана жиндир мунагьал чураяв ХIайдар ХIажиев ракIалде щвезавиялъул сордо. Гьениб гIуцӀун букӀараб конкурсалда бергьаразе шагIир МахIмуд-Апандица сайгъат гьаруна жиндирго «ХIадисазул квацIи» абурал тӀахьал.

Харахьи росдал жамагIат

Росулъ гьабулеб щиб хIалтIи бугони гьенивги гIахьалъула ХIажимурад. Аллагьасе хирияблъун руго рекIел бацIцIалъи ва берцинаб рагIиялдалъун чиясул ракI батизаби, Х!ажимурад гьединав вуго. ХIажимурад, нижгIан Аллагьги разилъаги дудаса.

БитIараб нухде гIадамал цIазе кьеги дуе щулияб сахлъи, сахаб гIумру, хутIаги мун лъимал-рукъалдаса вохун. ГIадамазе гьабураб лъикIлъи дуего мунпагIалъиялъе батаги. Тавпикъги къуватги кьеги дуе хадубккунги нухда квал-квал гьечIого хIалтIи цебе бачине. Амин!

ЖАМАГIАТАЛЪУЛ ГЬАРИЯЛДА РЕКЪОН ХЪВАНА П. МУХIАМАДОВАЛЪ, ХАРАХЬИ РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....