Аслияб гьумералде

Кирилъун батаги

Кирилъун батаги

Кирилъун батаги

ГIисакъ НурмухIаммадов гьавуна ЛъаратIа районалъул УхIада (Гъведиш) росулъ.

Гьев вуго унго-унгояв хIалтIухъан, къваригIаралъув ватулев багьадур. Гьев кидаго хIадурго вукIуна ахIаралъуве ине. ХIалтIудаса хIинкъуларев чи вуго ГIисакъ. Гьединго гьев гIадамазда лъала динияб хIаракатчилъиялъул цебесеб кьерда вугев муъминчи хIисабалдаги. ГIисакъида кибго, кидаго батула хIалтIи гьабизе, киве щваниги камуларо гьесул гIадамазе гьабулеб кумекги.

Мажгиталда хурхунги гьабула жамагIаталъе пайдаял ишал. Гьев сахаватав муъминчияс жиндирго рахъалдаса УхIада росдал хабзалалъ хвел-хоб тIобитIиялъе хIажат бихьун гьабуна кIудияб тIадхъел. Гьелъухъ росдал жамагIаталъ гьесие кьолеб буго баркала, Аллагьасул рахъалдасан бугеб кириги ГIисакъие кидаго хутIила.

Реццалъе мустахIикъав,
Къадру-къимат цIикIкIарав.
Росу-жамагIаталъе,
Къуркьи гьечIев бахIарчи.
Мажгит-къулгIа къачIазе,
Къойилго квер битIулев.
Къварилъи кканщинасе,
ХIалае вахъун чIолев.
ХIалухъин бакIарулеб
Заман тIаде бачIиндал,
ХIалхьи-рахIат щвечIого
ГIаламалъе ватулев.
Щуябго лъимералъе
Динияб гIамал кьурав.
Иманалда ругьунал
ЛъикIал ясал лъугьарав.
Исламалде гьитIинго
Рокьи бижарав инсан.
«Ас-салам» газеталъул
ЦеветIурав мухбир, мун. 

Аллагьас ﷻ ГIисакъ сахлъиялда тайги, тавпикъги къуватги кьеги.

ПАТIИМАТ АСИЛДАРОВНА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....