Аслияб гьумералде

Чакаразул МухIаммад

Чакаразул МухIаммад

ГьентIа росдал гIадамазул биценалда рекъон, Чакаразул Мухlаммад вукlун вуго бергьараб лъаялъул гlалим. Гьев сабурав инсанги вукlун вуго. Гьес тlадчlей гьабулеб букlун буго лъималазда Къуръан малъиялда.

Гьесдасан гlелму щун буго нахъа тlарикъаталъул устарзабилъун рахъарал Лъахъа Хlамзат-афандиясеги (къ.с.), Тlидиса Ибрагьимхалил Мухlаммад-хlафизафандиясеги (къ.с.) ва цогидалги гlалимзабазе. Цо заманалда гьев вукlун вуго Гьидерил бодул къадилъунги, Гъоркьагlурада росдал дибирлъунги. Гьенив хlалтlулаго гьесде тlаделъун рукlун руго дибирлъиги тун дурго росулъе аян. Пуланав чияс мацlги гьабун, цlаларав чийинги абун, Къахlиса Хlасан-афандигун (къ.с.) цадахъ вачун ун вуго гьев ва араб рахъ-мухъ лъачlого тlагlун вуго.

Мухlаммадил чlужу Патlина хведал гьей тlойитlизе Гьентlе вачlун вукlун вуго Тlидиса Ибрагьимхалил Мухlаммад-хlафиз-афанди (къ.с.). Гьелъул жаназа хабалъ рекъезабулаго, ток кьабурав чи гlадинги лъугьун, гьев хабалъа къватlиве вачlун, гlодов чlола ва бадиса магlу чваххула. Гьеб бихьараз абула щибин ккарабилан абун. Гьеб мехалда гьес абула: «Гьай мунагьал чураялъ диде васият гьабун букlана жий тlойитlейин, амма гьелъул росас гьей дихъа нахъе ячун ана, гьеб мехалъ ракl къварилъичlого хутlичlоха», - ян. Чакаразул Мухlаммадил гlагарлъи буго Гlурада росулъги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...