Аслияб гьумералде

Къуръан цӏалун лъугIи

Къуръан цӏалун лъугIи

Казбек районалъул Ленинаул росулъ тӏобитӏана мутагӏилзабаз Къуръан цӏалун лъугIиялда бан мажлис. Гьебги тӏобитӏана Ленинаул росдал №3 школалъул актовияб залалда. Данделъиялда гIахьаллъана 102 мутагӏил, жидеца Аллагьасул калам - хирияб Къуръан цӏалун лъугIарал, гьединго, гьалбал, лъималазул умумул.

 

 

 

 

Мажлис тӏобитӏиялъе нухмалъи гьабуна росдал имам Гӏабдулгӏазизов Ражабица. Мажлисалда гӏахьаллъана ва кӏалъана Казбек районалъул имамзабазул советалъул председатель Ахӏмадрасул Качалаев, росдал имам Гӏабдулгӏазизов Ражаб, Гиляр росдал имам Салисгереев Гӏусман, Калининаул росдал имам Гӏабдула Гӏабдулхӏакимов, районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Батилмирзаев Мухӏамадхӏажи, росдал бегавул Гъайирсултан Эсенбиев, росдал харабазул советалъул председатель Асхӏаб Кудуев ва цогидалги.

 

 

 

 

Кӏалъаразе рахъараз бицана Къуръан цӏализе лъазабиялъул ва цӏалиялъул хиралъиялъул, хадубккунги гьелде кьезе кколеб кӏваралъул.

Умумул разиго хутӏана мутагӏилзабаз Хирияб калам лъазабиялдаса, баркала загьир гьабуна мугӏалимзабазе.

Мажлисалда ахӏана мавлид, умумуз гьаруна мугӏалимзабазе сайгъатал.

 

Мусичов МухIаммад

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...