Аслияб гьумералде

Конкурс тIобитIана

Конкурс тIобитIана

Новолак районалъул ЦIияб МелъелтIа росулъ цIалдохъабазда ва гIисинал лъималазда гьоркьоб тIобитIана «Ас-салам» газеталъул «Суал-жаваб» рубрикаялда тIасан конкурс.

Гьелъул аслияб мурадги букIана:

  1. РекIехъе суал ва жаваб цIали.
  2. БитIун ва берцинго калам цIали.
  3. Лайказул къадар цIикIкIин.
  4. ШаргIалда рекъараб къагIидаялъ ретIа-къай.

Конкурсалда гIахьаллъи гьабуна 28 цIалдохъанас. Конкурсалъул ккана гьадинал хIасилал: тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана УхIумагIалиева Набила. КIиабилеб бакI ккуна АсхIабов МухIаммадица ва лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Исубилаев АхIмад.

Гьединго лъикIал хIасилал рихьизаруна ТIалхIатова Наилаца, АхIмадова ГIайишатица ва Шамхалова Зайнабица. Гьезиеги кьуна ракIалде щвеялъулаб сайгъат, Аллагьасул калам - Къуръан.

Конкурсалда гIахьаллъараб цониги лъимер хутIичIо ракIалде щвеялъулаб сайгъат щвечIеб. КIалъазе рахъараз бицана «Ас-салам» газеталъул хиралъиялъул, гьелъул пайдаялъул. Гьелдаса хадуб росдал имам ГIабдурашид ХIажиевас гьабуна вагIза-насихIат ва лъимазе бицана эбел-инсул, кӀудиязул адаб гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...