Аслияб гьумералде

Ахират лъикIаб кьун батаги

Ахират лъикIаб кьун батаги

Шамил районалъул ГIуриб росулъа ПатIимат ХIасанхIусеновалъ гIумру гьабулеб букIана МахIачхъалаялда, жиндирго ясалда аскIоб. ПатIиматица исана тIубалаан 101 сон. Гьелъул микьго лъимерги хвана. Гьелъ бесдал хутIарал лъималазда кверги чIвана. Гьел хварал лъималазул хутIарал какалгун кIалалги ПатIиматица рецIулел рукIана.

 

45 соналъ ккуна ПатIиматица кIал, гIицIго гIидалъул къояз гурони биччачIого. Исана 9 апрелалда гьей Аллагьасул къадаралде щвана.

Дие ва дун хIалтIулеб коллективалъул рахъалдасан бокьун буго ПатIиматил яс Нуцалалдаги гьелъул гIагарлъиялдаги зигара базе.

Аллагьас иманалда тIойитIун ятаги гьей лъикIай гIадан.

 

Эбел хведал ясалъ хъван руго гьадинал рагIаби:

Эбел, мун къанщараб ичIабилеб къо,

Къадги бецIлъун ккана дие дуниял.

Къилбаялде юссун рухI босулелъул,

Бараб черхалда цIа чучичIо жеги.

Мунагьал чураяй, черх бацIцIалъаяй,

Чанги инагьдила ниж дуда хадур.

Алжан кьун йохаяй, ахират щваяй,

Инаро кидаго мун ракIалдаса.

 

 

Суайбат Ибрагьимова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...