Аслияб гьумералде

Гъизляр

Гъизляр

ДРялъул муфтияталъул Гъизляр шагьаралда бугеб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан МухIаммад МухIаммадовас гIахьаллъи гьабуна «Нет террору- МЫ ЗА МИР» абураб цIаралда гъоркь шагьаралъул школазда тIоритIарал тадбиразда. Лъималазе вагIзанасихIаталъулаб кIалъай гьабуна М. МухIаммадовас, кашиш С. Лимонтиновас, «Хвел гьечIеб полкалъул» вакил Э. Къадиевас, терроралде данде къеркьолеб комиссиялъул аппараталъул специалист А. Витютневалъ. Культураялъул централъул халкъияб театралъул артистаз бихьизабуна театралияб сценкаги.

ХЬАРГАБИ

Рамазан моцIалъул хIурматалда МахIачхъалаялда тIобитIана Хъвартихьуни росдал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хьарагаби районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас, муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад ГIабдулхIажиевас , Хъвартихьуни росдал имам МухIаммадгIарип МухIаммадовас, районалъул бетIер МухIаммадгIали ТIагьировас, росдал бегавул Асадула Пахрулисламовас, районалъул гIолилазул цевехъан Шамил Кимаровас, машгьурал спортсменаз ва цогидазги.

ГУМБЕТ

Районалъги гIахьаллъи гьабуна нухазда хьвадиялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул мурадалда тIобитIараб тадбиралда. Гьениб лъималазе бицана нухазда цIунизе кколел низамазул, бихьизабуна нух бахине кколеб куц ва шагьаразда ругони светафоралъул гIурччинаб канлъи рекIинчIого нухде лъугьине бегьулареблъи. Гьединго водительзабазеги гьаруна насихIатал ва гьезие рикьана нухазда низам цIунизе кколеб куцалъул хъвай-хъвагIай тIад гьабурал брошюраби.

УНСОКОЛО

Унсоколо районалда тIобитIун букIана лъималазда гьоркьоб Къуръан цIалиялъул рахъалъ къецал. Гьезда бергьарал кIодо гьариялъул тадбир тIобитIана Шамилхъалаялъул централияб мажгиталда.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIасан МухIаммадовас, муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадсултан ГIабдулаевас, Шамилхъала поселокалъул имам Шамил МухIаммадхIажиевас, «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадовас. Бергьаразе ва гIахьаллъи гьабуразе кьуна батIи-батIиял сайгъатал.

ХУНЗАХЪ

1954 соналда чемпионаллъун рахъун рукIаразул хIурматалда Гъонохъ росулъ тIобитIана волейбол хIаялъул рахъалъ лъабабилеб тур. Гьелдаса хадуб спортзалалда тIобитIана мажлис ва гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадрасул Гьиматовас, Хунзахъ росдал имам МухIаммад ГIабдулхаликъовас, гIолилазул цевехъан Сайпула Шамхаловас ва цогидазги. Мажлис нухда бачана росдал имам МухIаммад СагIадулаевас.

ЦIУНТIА

Муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдурахIман МухIаммадов дандчIвана Междуречье росдал школалъул цIалдохъабигун ва цоцазда гьоркьор цIунизе колел хIукъукъазул бицун гьабуна гьезие вагIза-насихIат. Гьединго бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул, гьитIинас кIудиясул гьабизе кколеб хIурматалъул. Ахиралда гьес жавабал кьуна цIалдохъабазул суалазеги.

ГЪУНИБ

Муфтияталъул районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъов щвана Кудалиб росдал участкалъулаббольницаялде . Гьев дандчIвана коллективгун ва бицана гьабулебщинаб ишалъулъ нилъеца Аллагьасе рецц гьабизе кколеблъиялъул. ГI. Разакъовас абуна аварагасул r хIадисалда бугин бищун лъикIал кколин жидедаса цогидазеги пайда бугел. Гьелда рекъон гьабизе кколин хIалтIиги.

ШАМИЛ

Къелеб мухъалъул росабазда гьоркьоб тIобитIана битIун какие чуриялъул ва как баялъул рахъалъ къец. Гьеб тIобитIана лъабго бутIаялдеги бикьун, ай руччабазда гьоркьоб батIаго ва бихьиназда гьоркьоб батIаго. Гьединго къец тIобитIана школлъималазда гьорокьобги. Къецалъул тIоцебесеб бутIа тIобитIана щибаб росулъ ва финал – Ругъелда. Бергьаразе кьуна къиматал сайгъатал ва шапакъатал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...