Аслияб гьумералде

РАЙОНАЛ

РАЙОНАЛ

ЧIАРАДА

«Инсаналъул» филиал – ЧIарада районалда

ЧIарада районалда бугеб «Инсан» фондалъул филиалалъ сакъатлъи бугел лъималазе гьабуна рахIмугурхIелалъулаб кумек. Лъималазда рихьизаруна батIибатIиял сценкаби, тIоритIана викторинал ва кьуна сайгъатал. Лъималазе гьарана сахлъи, эбел-инсуе - сабру икъбал.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана имамзабазул советалъул председатель ГIузайр Давудов, ЦIуриб росдал бегавул Муслимат МуртазагIалиева, «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев МухIаммадшарип МухIаммадов, лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизов ва цогидалги. Аллагьас къабул гьабеги гьабураб садакъа ва лъикIал ишал гьаризе киназего тавпикъги кьеги.

ГУМБЕТ

Имам Килалъе щвана

Дагьал церегIан къоязда Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель Юнус НурмухIаммадов щвана Килалъ росулъе. Гьев дандчIвана росдал школалъул цIалдохъабигун ва мугIалимзабигун.

Имамасда цадахъ рукIана муфтияталъул лъай кьеялъул Гумбет районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадрасул МухIаммадов ва гьебго отделалъул хIалтIухъан Сулейман МухIаммадов. Гьез бицана лъай тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул, лъай щвезелъун баччизе кколеб захIмалъиялъул ва гьабизе тIадаб сабруялъул хIакъалъулъ. Гьединго вагIза гьабуна мугIалимзабазда аскIоб цIалдохъабаз цIунизе кколел тIалабазул бицунги.

Гьелдаса хадуб диниял хIаракатчагIи дандчIвана росдал бегавулгун ва бицана цадахъ рекъон гьаризе бегьулел ишазул хIакъалъулъ.

ГЪУНИБ

ОВДялъул начальникгун дандчIвана

ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакиласул кумекчи ГIали МухIумаев ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГIабдулаев дандчIвана Гъуниб районалъул ОВДялъул начальникасул ишал тIуралев Салим Сайпулаевгун.

ГIали МухIумаевас бицана гьединал дандчIваял тIоритIиялъ кьезе бугеб пайдаялъул ва гьабулеб хIалтIи цадахъ рекъон гьабуни ккезе бугеб лъикIаб хIасилалъул хIакъалъулъ. Аварагасул ﷺ хIадисалдаги бугелъулха, нужер бищун лъикIав вугин аскIор ругезе пайда гьабулевин абураб. Гьединлъидал нилъеда сверухъ ругезе нилъ пайдаяллъун рукIине ккелин бицана дандчIваялда.

Ахиралда, диниял хIаракатчагIаз ОВДялъул начальникасул ишал тIуралесе сайгъат гьабуна «Основы религии и жизнеописание пророка Мухаммада ﷺ» абураб тIехь. Салим Сайпулаевасин абуни, пайдаяб данделъи тIобитIаралъухъ, баркала загьир гьабуна.

ХУНЗАХЪ

ТIансудерил школалда

Муфтияталъул лъай кьеялъул Хунзахъ районалда бугеб отделалъул нухмалъулев МухIаммадгIали МухIаммадбегов щвана ТIануси росдал школалде ва дандчIвана цIалдохъабигун. Гьес лъималазе бицана кIалъазе кколеб къагIидаялъул ва кIалъалелъул цIунизе кколел адабазул хIакъалъулъ.

МухIаммад аварагас ﷺ абун буго: «Инсанасул божилъи ритIухъаблъун ва щвалде щвараблъун букIунаро, гьесул ракI лъикIаблъун гьечIебгIан заманалда. РакIги лъикIаблъун букIунаро мацI бацIцIадго цIунун гьечIебгIан мехалда», - ян. Гьединлъидал нилъ рукIине ккола мацIги ракIги бацIцIадго цIунараллъун ва хIаракат бахъизе ккола цоцазе зарал гьабичIого, лъикIлъиялда гIумру тIамизегиян бицана динияв хIаракатчияс.

БОЛЪИХЪ

РакIалде щвезаруна

Муфтияталъул лъай кьеялъул Болъихъ районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIабдулла Герейхановасги гIахьаллъи гьабуна 1999соналъул августалда ккарал лъугьа-бахъинал ракIалде щвезариялъул тадбиралда. Гьениб бицана доб захIматаб заманалда ВатIан цIуниялъулъ ополченцаз лъураб кIвар бугеб бутIаялъул.

Тадбиралда гIахьаллъана Болъихъ районалъул бетIер Руслан ХIамзатов, гьединго, жамгIиялгун политикиял хIаракатчагIи ва ополченцал. КIалъазе рахъараз бицана халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъиялъул ва къо ккаралъуб нилъер гIадамал цолъулеб куцалъул.

ГIабдулла Герейхановасги бицана гIолеб гIел исламияб дин лъалеблъун куцазе кколеблъиялъул ва гьезда жидерго росу-ракьалъул тарих малъизе тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

ХАСАВЮРТ

«БацIцIадаб ва гIурччинаб Хасавюрт»

Гьединаб ахIиялда гъоркь Хасавюрталда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул лъай кьеялъул Хасавюрт шагьаралда ва районалда ругел отделазул хIалтIухъабаз, гьелъул нухмалъулев ХIажибек ХIажибековас, шагьаралъул администрациялъул нухмалъулесул заместитель СагIид МуртазагIалиевас, больницаялъул бетIерав тохтур Титалав Хайрулаевас, гIолилазул цевехъан Адам Нажмудиновас, волонтераз, МЧСалъул хIалтIухъабаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз.

Данделъаразул аслияб мурад букIана Хасавюрт шагьар бацIцIадаблъун ва гIурччинлъи гьарзаяблъун букIинаби. Гьеб хIалтIи гIумруялде бахъинабизе киназего тавпикъги гьарана ва щивас бажарараб бутIа лъезе букIинги загьир гьабуна.

ЛЪАРАТIА

ХIалтIулаб сапар

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Ахалов ГIабдула щвана ТIомуразул участокалде. Салда росулъ гьес тIобитIана участокалде гьоркьоре унел росабазул имамзабазул данделъи ва бицана гьабулебги гьабизеги бугеб хIалтIул. ГI. Ахалов имамзабазда бицана хадубккун сунде кIвар кьезе ккезе бугебали ва киназего гьарана хIалтIулъ тавпикъ. Гьелдаса хадуб гьев щвана Гъерел росулъеги.

ШАМИЛ

Районалъул нухмалъигун дандчIвана

Районалъул имамзабазул советалъул председатель Юсуф ТIалхIатов, муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакиласул кумекчи МухIаммад ГьитIинов ва «Инсан» фондалъул Шамил районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев Шамил ЗайнулгIабидов дандчIвана районалъул бетIер МухIаммад ХIасановгун.

Гьез бицана «Продукты в каждый дом» абураб акция тIобитIизе букIиналъул ва дандрана цадахъ рекъон гьаризе рес бугел хIалтIаби. ТIадехун рехсараб акцияйин абуни тIобитIулеб буго «Инсан» фондалъул ва районалъул администрациялъул цадахъаб хIаракаталдалъун.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...