Аслияб гьумералде

Ч|арада

Ч|арада

Школалде сапар

Арчиб росдал гьоркьохъеб школалъул учительзаби ва цIалдохъабигун дандчIвана ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул ЧIарада районалда вугев вакил ШагIбан Хапизов ва «Ас-салам» газеталъул районалда вугев представитель МухIаммад МухIаммадов.

Абу ХIанифаца (р. гI) абулаан хIакъикъаталдаги, дие лъай щвана, Аллагьасе реццгун шукру гьабиялдалъун. ЦIияб гIелму лъараб яги бичIчIараб мехалъ гьелъухъ ТIадегIанав Аллагьасе дица шукру гигьабулаанин бицана данделъиялда.

ГЪУНИБ

СалтIа росдал гьоркьохъеб школалда

Гьал къоязда ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул Гъуниб районалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъов щвана СалтIа росдал гьоркьохъеб школалде. Гьев дандчIвана школалъул директор МухIамадтIагьир ГIабасовгун.

ДанчIваялда бицана школалда дандчIвалел масъалабазулги ва цадахъаб хIаракаталдалъун гьел тIуразариялъе нухал ратиялъулги. Гьелдаса хадуб ГIалиасхIаб Разакъовас цIалдохъабазе бицана хирияб Рамазан моцIалъул тIокIлъиялъул хIакъалъулъги.

ШАМИЛ

Гъоркьа Бакълъухъ росулъ къец тIобитIана

ТIоцебесеб маялда Гъоркьа Бакълъухъ росулъ гьаруна какие чуриялъулги как баялъулги низам цIуниялъул мурадалда тIобитIараб къецалъул хIасилал.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Шамил районалъул Имамзабазул советалъул председателасул кумекчи Аюб ЗайнулгIабидовги, Гъоркьа Бакълъухъ росдал мажгиталъул имам МухIамад ГIумаровги, рехсараб росдал бегавул МухIаммад ХIажиевгун цогидалги.

Къецалда гIахьаллъана мадрасалъул цIалдохъаби. Гьелда чIел босаразе кьуна гIарацги къиматал сайгъаталги.

ГЪИЗЛЯР

ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул Гъизляр районалда вугев вакил МахIмуд Хизриев дандчIвана Кордоновка ва Некрасовка росабазул школазул цIалдохъабигун.

ДандчIваязда бицана гьанже заманалда жамгIияталда тIиритIарал мунагьиял ишазул ва гьездаса цIуниялъе гьаризе тIадал тадбиразул хIакъалъулъ. «Мунагьал ккола рекIелъа иман бачахъулел ва дагьдагьккун ракI кваналел заралиял пишабигун ишал.

Гьелъие нух ккола нилъеца, напс цебе, гIакълу нахъе гьабулеб бугони, ай рекIее бокьараб щинаб жо щвезабиялъул мурад аслияблъун толеб мехалда. Цогидазе кколеб заралги хIисабалде босуларо. Амма бищунго захIматаб жо буго, мунагьаз нилъеего, ай мунагь гьабулесе, жеги цIикIкIараб зарал гьабулеблъи кIочон тей», - ян бицана МахIмуд Хизриевас

ЛЪАРАТIА

ТIохIотIа росдал гьоркьохъеб школалда накъит

Гьал къоязда рехсараб школалъул цIалдохъабазе бицана наркотикалъул заралъул хIакъалъулъ. Накъиталдаса хадуб цIалдохъабазги диниял хIаракатчагIазги школалъул ахикь чIана «Гьудуллъиялъул гъветI».

УНСОКОЛО

Улбузул дандеруссин

Шамилхъала поселокалъул гьоркьохъеб школалда тIобитIана цIалдохъабазул улбузул дандеруссин. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул Унсоколо районалда вугев вакил МухIамадсултIан ГIабдуллаевги, хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъ Унсоколо районалъул бетIерасул заместитель МухIамад ХIамзатовги, РФялъул МВДялъул Унсоколо районалда бугеб отделалъул балугълъиялде рахинчIезул ишазул рахъалъ инспектор, полициялъул лейтенант ХIажимурад ХIасановги, Шамилхъала посёлокалъул бегавул МалахIусен ХIажиевги.

Дандеруссиналъул аслияб мурад букIана гIолеб гIелалъе тарбия кьей, экстремизмалдегун терроризмалде дандечIей куцай, наркотиказул заралъул хIакъалъулъ бицин. Гьел руго жакъа къоялда квешлъиялде данде къеркьезе лъайгун къуват гIолареб гIелалда хъинтIулел ва чарагьечIого тIуразаризе кколел масъалаби.

БОЛЪИХЪ

КIижани росдал гIолилалгун дандчIвай

ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул Болъихъ районалда вугев вакил ИсмагIил Ибрагьимовас накъит гьабуна КIижани росдал гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабазулгун.

Гьениб бицана социалиял гьиназул пайдаялъулги заралалъулги хIакъалъулъ. И. Ибрагьимовас аслияб кIвар буссинабуна социалиял гьиназул заралалде. ЦIалдохъабаз кьурал суалазе жавабалги кьуна ахиралда.

ГIАХЬВАХЪ

Меценатасе баркала

ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул ГIахьвахъ районалда вугев вакил ГIабдуллагь Мажудиновги, районалъул Имамзабазул советалъул председателасул кумекчи Шамсудин Шамсудиновги ва «Инсан» фондалъул ГIахвахъ районалда вугев вакил ГIабдусалам ГIабдуллаевги гьоболлъухъ щвана меценат МухIаммад МуртазагIалиевасухъе.

ГI. Мажудиновас меценатасе кьуна гьитIинабго сайгъат ва загьир гьабуна халкъалъе гьабулеб кумекалъухъ баркала. М. МуртазагIалиевас абуна, районалъул гIадамазе кумекалъе жив хIадурав вугин ва загьир гьабуна жиндир ишалде кIвар кьеялъухъ рохелги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...