Аслияб гьумералде

Лъим ххаялъул къецал

Лъим ххаялъул къецал

Лъим ххаялъул къецал

Дагьал церегIан къоязда Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъ тIоритIана лъим ххаялъул рахъалъ къецал. Гьеб тIобитIана мунагьал чураяв НестIуров МухIаммад ракIалде щвезавиялъул хIурматалда. Гьев ккола СагIид-афандиясул цIаралда исламияб институт баялъе квербакъи гьабурав ва лъугIел гьечIеб хазина бачIунеб гIелалъе нахъе тарав инсан.

Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна росдал имам Ацаев ГIабдулагь-хIажица, Буйнакск районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIусманов Шамилица ва росдал бегавул Дациев ГъазимухIаммадица. Къецал берцинго нухда тIоритIизе квербакъана, гьезие нухмалъи гьабуна жамгIияв хIаракатчи Арсланбегов МухIаммадица.ТIаде рачIарал гьалбадерие ва росдал жамагIаталъе хIадурун букIана квен-тIехги.

Бергьаразе кьуна шапакъаталги, гIарцулал сайгъаталги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...