Аслияб гьумералде

БатIалъи бугищ?

БатIалъи бугищ?

Ахир-къадги шайтIаналъ абила: «Дун нужедаса бацIцIадаб буго, нужергун дир гьоркьоблъи букIинчIо», - ян

 

 

Нилъер гIумрудул нух буго цогидазде хIажалъи букIунеб, цоцада хурхараб рахас гIадаб жо. Гьеб нилъеда бихьула, хасго жамгIияталда хурхун хIалтIулеб бакIалда. Бищун бигьаяб жоялъулъцин батула цоцаде хIажалъи, кумек тIалаб гьаби. Гьединаблъун дунявияб яшав бугеб мехалъ, абадияб ахираталъе гьабулелда хурхун бугеб гIамалалъул нилъ цIакъго-цIакъ рекъараллъун ва хIажаталлъун рукIуна мекъи ккечIого битIун гьеб гьабизе малъулев чиясулгун бухьен букIине. Гьев чиги вуго тIарикъаталъул муршид, устар.

 

Мисаллъун рехсезе бокьун буго базарганасулги гьесул хIалтIухъанасулги ккараб къиса.

ВукIун вуго цо базарган. Гьев вукIун вуго ТIадегIанав Аллагь ﷻ разилъуледухъ Гьев ﷻ рехсезе ва лъикIал гIамалал гьаризе малъулев чи устар гьечIониги живго жиндаго чIун гьабуниги бегьулин, гьедин гьабуниги Гьесде ﷻ щолин абун тIирун чIаравлъун. Гьесул вукIуна кумекчи, киналниги дармил сапаразда ва ишазда гьесда цадахъ вукIунев. Гьев вукIуна тIарикъаталъул устарасул бербалагьиялда гъоркь вугев, рес хьаралъуб мисал бачун бихьизабун, бицун базарганги устарасул тарбияталде гъоркье лъугьине гьесизавулев, БетIергьанасе ﷻ гьабулеб гIибадаталъулъ нух бихьизабулев муршид къваригIунин абун гьев кантIизавизе кIудияб хIаракат бахъулевлъун. Амма гьесул хIаракаталъул щибго хIасил кколеб букIунаро.

Цо нухалъ кумекчиясда ракIалде ккола устарасул якъинаб пайдаялъул мисал жиндирго бетIергьанасда бихьизабизе. Гьедин кумекчияс тIадчIун абула базарганасда пуланаб шагьаралде рилъине кколин, гьениб даран-базаралъул иш лъикI ккезе бугин абун. Гьеб шагьарги букIуна кумекчияс тIаса бищараб. Жиндир кумекчиясул ритIухълъиги лъан, базарган разилъула. Гьедин, каравангун, къватIире рахъуна гьел. Цинги гIезегIан нухги тун церехун индал, кумекчияс абула нух кIочон танин абун. Хадубккун гьезие нухги захIмалъула, заманги цIикIкIун хола, цадахъ букIараб квен-тIехги дагьлъула.

Кин бугониги, ахир-къадги гьел щола шагьаралде. Шагьаралъул гIадамал ратула даран-базар гьабулел, амма жидее хIажат гьечIеб ва лъазего лъаларев чиясул къайиялде гьел балагьизего балагьуларо. Гьеб мехалъ, кIудияб заралги ккун, щиб гьабилебали лъаларого, къватIиве вахъиналдаса ракIбухIун вугев базарганас жиндирго кумекчиясде вуссун, гьалъул гIаламат щибин абун баян тIалаб гьабула. Гьес жаваб гьабула: «Гьанже дур иш хвана, дуда цадахъ гIадада заман хвей гуреб дир щибго лъугьинеги лъугьунаро, дун цоги къапилагун ине вуго, дуца дуего бокьараб гьабе», - абун.

Нахъвуссун ине гIураб гIарацги хутIичIого, чияр шагьаралда кумек гьарун лъихъе иневалиги лъаларого, сундасаго хьулги къотIун, базарган чанго къоялъ пашманаб хIалалда вукIуна. Гьеб мехалда цояб рахъалдаса тIаде вачIуна дов кумекчи. Цинги аскIовги кIусун, гьес гьикъула базарганасда ккаралдаса дарс босанищ дуцаян. Гьес бицунеб бичIчIичIев базарган пикраби гьаризе лъугьуна. Гьеб мехалъ кумекчияс абула: «Мун вуго ТIадегIанав Аллагьасул разилъи щвезе хIаракат бахъулев чи, амма гьедин бугониги тIарикъаталъул нухде лъугьинчIого, мун тIовитIулев устарги кквечIого мунго дудаго чIун хьвадулев. Пикрабазулъ дуе шайтIаналъ кумек гьабизе рагIи кьолеб гIадин, дица мунги мукIур гьавуна гьаб шагьаралде вилъине, дида гьанибе нухги лъалеб букIинчIо, гьелъ нухда кIудиял камиял ккана, захIмалъаби рихьана, хIехьана. Дица мун гуккана. Гьединго буго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъиялде щвеялъул нухда дуда дандчIвалеб: чIухIи, хъантIи, бахиллъи, рихьдае гIамал гьаби гIадал квешал тIабигIатал. ЦIаялъ цIул бухIулеб гIадин, жинца чиясул киналго лъикIал гIамалалги рухIулел. Амма цадахъ бугеб шайтIаналъ дуе гьелдаса рикIкIалъизе кумек гьабуларо, гьелъул гIаксалда, мун гьезда гъорлъе къазавула.

Нилъ гьаб шагьаралде щвана кодоб букIарабги лъугIун, чIорого, дур хьулни букIана гьаниб гьеб цIидасан щвеялде, амма гьанибги дур анищ рагIалде бахъинчIо, шагьаралъул гIадамазе дур къайиялде хIажалъи батичIо. Гьелдаго релълъун буго, дол рехсарал квешал тIабигIатазулъ буцараб хасиятгун, иблисалъул гьалмагълъи гьабун, гьелъ рекIелъе рехарал нигIматазде хьулгун, гIумру тIамидал гьаб дунял дуца тейги, ахираталда пайда кьечIеб гIададисеблъун дур хьвади батизе букIин. Цинги тIаде щвела Къиямасеб къо, рахъинарила тIаде, чIезарила цIадирабазда цере. Гьенир дуда рихьила киналго гIамалал рохъо лъугьун рухIараллъун, мунги чIового хутIун. Бугониги дур хьул букIина мун гьеб хIалалде ккезавуралъул кумек щвезе батилин, амма гьелъги гьабила жиндир цогидал гьалмагъзабазего гьабураб – гьеб дудаса рикIкIалъила ва абила: «Дун дудаса бацIцIадаб буго ва дудехун дир щибго гьоркьоблъиги гьечIо, дун ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъула», - ян. Гьедин ана дун, мунги рехун тун цоги къапилаялде.

РакIбацIцIадав муъминчияс гIибадат ва лъикIал гIамалал гьарула цохIо Аллагь ﷻ разилъиялъе гIоло, гьелда тIадеги, гьесул хьул букIуна Ахираталда Алжаналъул нигIматазда кверщел гьабизе щвей.

Амма дун нахъвуссана ва гьаниса рикIкIад гьечIого буго даран-базаралъул шагьар, гьениреги рилълъун нилъеда кIола нухда хварал харжалги жеги тIаде цIикIкIун хайирги гьабун, бича-хиси гьабизе, цинги тIадруссине. Амма Къиямасеб къоялъ дуда кIоларо тIадвуссине ва дурго гIамалал цIидасан гьаризе. Кумекги дуе щоларо мун тIовитIулев муршид дур вукIинчIолъиялъ. Иблисги гьеб заманалъ цIадулъе рехун букIуна. Аллагьасги ﷻ мун витIула дуца жиндие гIамал гьабулеб букIаразухъе. Гьелги, тIоцебесеб иргаялда, мун къосинавун, дуда цадахъ хьвадараб шайтIан-иблис, хадур жидеда бихьизе гIоло дуца гьабурал гIадамалгун цогидал какарал пишаби.

Гьеле дур чIухIи, жиб сабаблъун мун устарасухъе инчIев. Гьелъ, бищун тIоцебе дуда устар вихьизе ккола инсан хIисабалда гурев, мун тIовитIулеб цIвалъун, бецIлъиялдаса хвасарлъилъун, чIаго вугев Аварагасул ﷺ халипалъун, Аллагьасда ﷻ цебе дуе талихI жиндалъун бугевлъун. Гьеб мехалъ батула дур абадиял Алжаналъул нигIматазда кверщел», - ин.

Гьелдаса хадуб, тIарикъаталдаса аслияб мурадги, жиндир гIумру гIадада ун бугеблъиги, заманги дагь гурони хутIун гьечIеблъиги бичIчIун, кумекчиясухъа нухлуе хIажатаб харжги тIалаб гьабун, базарган, устар цIехон гьесул рахъалде уна. Кумекчиги, базарганасул къайиги бичун, гьелдаса кIудияб хайир бетIергьанасеги щун, рокъове вуссуна.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...