Аслияб гьумералде

АсхIабзабазул букIанищ тасаввуф?

АсхIабзабазул букIанищ тасаввуф?

Цо-цояз абула тасаввуф хIакъикъияб нух букIарабани, асхIабзабазги табигIиназги гьабилаанин абун.

Гьезие жаваб гьабила ибн Халдунил рагIабаздалъун. Ибн Халдунги ккола кIудияв гIалимчи ва тарихчи. Гьес хъвалеб буго тасаввуфалъул агьлу асхIабзабазул ва табигIиназул нухдаса кьуричIилан. Тасаввуфин абун гьез абулеб букIинчIониги, гьезул ишалъулъ букIана гьеб (тасаввуфалъул магIна хадуб рехсела).

ТIарикъаталъул аслу ккола Аллагьасе гIибадат гьаби, дунялалъул берцинлъи тей, гIадамазде хIажат ккунгутIи. Гьеб асхIабзабазулъ ва табигIиназулъ гIадатияб жолъун букIана. КIиабилеб ва лъабабилеб гIасруялда гIадамал дунялалда хадур индал, дунял тарал, гьеб тIалаб гьабуларел гIадамазда абизе байбихьана суфиял абун. Кибха гьениб ширк ва мекъи ккей бугеб? Гьеб ккола бичIчIунгутIи яги хIакъикъаталда данде рагъ балзе бокьараз бицунеб жо.

Гьезда бичIчIичIин абураб жоялъ кьоларо гьеб мекъаб нух бугин абураб магIнаги. Гьединлъидал рехсечIого тезе бегьуларо тасаввуф хIалел гIадамаз, жидеда жаниб гьечIеб жо гIадамазе рихьдае гьабулел чагIи. Гьез рагIад битIараб тасаввуфалде бачIинабуна ва гIемераб заралги гьабуна. Гьединал чагIи нилъеда ратIарахъизеги лъазе ккола. Исламалда жаниб кинабго жоялъулъ иснад буго. Гьебги иснадалдалъун щола хIакъикъияв чиясухъе. Иснад букIинчIебани имам Маликица абухъе, бокьарас бокьараб бицинаан.

Тасаввуф абурабги суфи абурабги рагIи ХIасанул Басриясул заманалда баккана.

Гьеб цIар тIибитIана имам Маликил заманалда, исламалъул кIиабилеб гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда. ЦIар нахъа баккараб бугин абураб жоялъ магIна кьоларо тасаввуф МухIаммад Аварагасул заманалда букIинчIилан абиялъе. Тасаввуф шаргIиял гIелмабазул цояб ккола, жидер цIарал нахъа ракканиги, жидер хIакъикъат МухIаммад Аварагасул заманалда рукIарал.

Масала, фикъгьи - шаргIиял исламиял хIукмаби баян гьабулеб гIелму, калам яги гIакъида - Аллагь цо вукIин, гьединго иманалъул рукнаби баян гьабулеб гIелму; усул – Къуръан-хIадисалдаса битIун хIукмаби росизе малъулеб гIелму, мустIалахIул хIадис - хIадисазул даражаби, гьел рицарал гIадамазул (руватазул) гIадиллъи баян гьабулеб гIелму, тафсир - Къуръаналъул аятазул битIараб магIна халкъалда бицунеб гIелму, гIулумул Къуръан - Къуръаналда жанир ругел гIелмаби баян гьарулеб гIелму. Балагъат, магIан, мантIикъ, нахIви, сарф - Къуръаналъул пасихIлъи, гъварилъи, рагIабазул баян кьолел гIелмаби. Тасаввуф - ракI бацIцIад гьабиялде, рухI камил гьабиялде инсан вачунеб гIелму.

Гьал киналго гIелмуялъул цIарал Аварагасул заманалда рукIинчIо, амма гьезул магIнаги хIакъикъатги Аварагасул заманалда букIана. Гьал киналго гIелмабазда гьоркьосаги босун тасаввуф Аварагасул заманалда букIинчIилан абулев чияс, гьал цогидал шаригIаталъул гIелмабиги Хириясул заманалда рукIинчIилан абизе ккела. Тасаввуф Аварагасул заманалда букIинчIилан абулев ккола я тасаввуф, яги ислам, яги исламияб тарих, яги исламиял гIелмаби жиндаго лъаларев чи.

ЦIар бокьараб абизе бегьула, амма гьелъул хIакъикъат данде ккола аварагас , асхIабзабаз ва табигIиназ гьабулеб букIараб жоялде. Гьел нилъгIадин ихIсаналде хIажаталги рукIинчIо. ИхIсан, тасаввуф, напс бацIцIад гьаби, суфизм, ай бокьахъе абе, гьеб цого жо буго. Закари Ансарияс хъвалеб буго тасаввуфалъе кIиазарго цIар кьун бугилан абун. Гьез тIабигIат, напс бацIцIад гьаби аварагасдасан босулеб букIана. Хадуб диналъулъ батIибатIиял гIадамал журараб мехалъ, гIемерал рекIел унтаби раккана. Гьанже гIилла баккидал, гIалимзабаз ва имамзабаз гIатIидго байбихьана ихIсан гIадамазда малъизеги.

Щаклъи инелъун рехсела тасаввуфалъул хIакъалъулъ калам гьабуразул цо-цо цIарал ва тIахьал: МухIаммад Садик Гъумари, ибн Халдун, Фахруддин Рази, «МафатихIул гъайби» абураб сура, АлхIам тафсир гьабулеб бакI, ибн ХIажар Гьайтамил «Фатавал ХIадисия» абураб тIехь, имам Гъазалил «ШархIул ХIикам», Аминул Курдил «Танвирул Къулуб», имам Бажурил «ШархIул Жавгьарат», ибн ГIатIаилагь Сакандарил «МифтахIул ФалахI», имам ШагIранил «УхIудул МухIаммадия», шайих АхIмад Зарукъил «КъавагIиду Тасаввуф».

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...