Аслияб гьумералде

Бералъе дару

Бералъе дару

(Байбихьи 8-абилеб номералда)

1. Лъил бер ккун бугебали лъани, гьесде амру гьабила черх яги какие чуреян, хадуб гьеб лъим бер ккарав чиясде нахъасан тIаде тIела (чвердела). ТIадегIанав Аллагьасул изнуялдалъун гьев сахлъила.

Аварагас абуна: «Нужер цоясда амру гьабуни черх чуреян, нужеца черх чуре». (имам Муслим).

2. Унтарасул бетIералда кверги лъун, анкьго нухалъ гьаб дугIа цIалила.

«Бисмиллагьи аркъика ва ллагьу яшфика мин кулли даин юъзика ва мин шарри кулли нафсин ав гIайнин хIасидин, Аллагьу яшфика бисмиллагьи аркъика» (имам Муслим).

3. Унтарасул бетIералда кверги лъун, гьаб дугIа анкьго нухалъ цIалила.

«Аллагьумма рабби ннаси азгьибил баъса ва ишфи анта ашШафи, ла шифаа илла шифаука шифаан ла югъадиру сакъаман» (имам Муслим).

4. Унтараб бакIалда кверги лъун, я лъечIого, гьал аятал анкьанкь нухалъ цIалила.

أَعُوذُ بِاللهِ مِنَ الشَّيْطَانِ الرَّجِيمِ فَسَيَكْفِيكَهُمُ اللَّهُ ۚ وَهُوَ السَّمِيعُ الْعَلِيمُ

(Суратул «Бакъарат», аят 137).

أَعُوذُ بِاللهِ مِنَ الشَّيْطَانِ الرَّجِيمِ أَمْ يَحْسُدُونَ النَّاسَ عَلَىٰ مَا آتَاهُمُ اللَّهُ مِن فَضْلِهِ ۖ فَقَددْ آتَيْنَا آلَ إِبْرَاهِيمَ الْكِتَابَ وَالْحِكْممَةَ وَآتَيْنَاهُم مُّلْكًا عَظِيمًا

(Сурату «ан-Нисаъ», 54 аят)

أَعُوذُ بِاللهِ مِنَ الشَّيْطَانِ الرَّجِيمِ فَارْجِعِ الْبَصَرَ هَلْ تَرَىٰ مِن فُطُورٍ

(Суратул «Мулк», 3 аят)

أَعُوذُ بِاللهِ مِنَ الشَّيْطَانِ الرَّجِيمِ وَإِن يَكَادُ الَّذِينَ كَفَرُوا لَيُزْلِقُونَكَ بِأَبْصَارِهِمْ لَمَّا سَمِعُوا الذِّكْرَ وَيَقُولُونَ إِنَّهُ لَمَجْنُونٌ . وَمَا هُوَ إِلَّا ذِكْرٌ لِّلْعَالَمِينَ

(Суратул «Къалам», 51-52 аят).

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....