Аслияб гьумералде

БахIарчияв асхIаб

БахIарчияв асхIаб

БахIарчияв асхIаб

ГIабдуллагь ибн МасгIуд абурав асхIаб вукIана кутакалда лъай камилав, гIелму гъваридав, напс квегъарав, Къуръанги гьелъул гIелмуги лъидасаго лъикI лъалев, бахIарчияв инсан. Гьев кколаан бану ХIузайл абураб кьибилалдаса. ГIолохъанаб заманалда гьев вехьлъун вукIун вуго. ТIоцебе ислам босарал чагIазулъги буго гьесул цIар.

Исламалъул байбихьудаги гьев вукIана, аварагасда хадусев, лъикьаго хIинкъичIого къурайшиязда рагIизабун Къуръан цIалулевлъун. Цо нухалъ, Маккаялда асхIабзаби данделъун ругеб бакIалда, гьезда гьоркьоб кIалъай ккола къурайшиязда Къуръан цIалулеб рагIизабизе лъида кIолебин абураб хабаралда тIасан.

АсхIабзабазда гьоркьов вукIарав ибну МасгIудица бачIинахъего абула: «Дица цIалила гьезие гьеб», - ан. Цоги асхIабзабаз гьесда абула: «Къурайшияз дуе квешлъи гьабилин хIинкъи буго. Нижее цIакъ бокьилаан мун гIадав чиясе зарал гьабичIого цIунаравлъун вукIине, нагагь тушбабаз зарал гьабулеб бугони, халкъ дуе хIалае бахъинеблъунги букIине», - ян. ГIабдуллагьица гьездехун абула: «Виччай дун Къуръан цIализе. Дун ТIадегIанав Аллагьас цIунула ва дие Гьес кверги бакъула», - ян.

Хадусеб къоялъ радал ибн МасгIуд КагIбаялда аскIове, Ибрагьим аварагасул макъам бугеб бакIалдеги ун, «ГурхIулев, цIоб гIатIидав Аллагьасул цIаралдалъун» абун Къуръаналдаса «ар-РахIман» сура цIализе лъугьуна. Дагь-дагьккун ГIабдуллагьил гьаракь борхула ва цIалулеб жоги цIикIкIун роцIуна.

ГIабдуллагьица гьедин Къуръан цIалулелъул КагIбаялда сверухъ гIодор чIун гьес гьабулелъухъ халккун рукIуна къурайшиялги. Цо заманалдаса, рихха-хочиги лъугьун, гьел тIаде рахъуна ва ахIдезе лъугьуна: «Гьаб щиб талихIкъаяс бицунеб бугеб жо?

Гьас цIалулебги МухIаммадица абулелъул бутIа буго», - ан. Хадуб, тIаде ракIарун къурайшияз ГIабдуллагьил гьумер бухизе байбихьула, амма гьес жинцаго цIалулеб букIараб рагIалде бахъинабичIого толаро.

Бида вецIцIулаго ГIабдуллагь вачIиндал асхIабзабаз абула гьединаб хIасил ккеялда хIинкъун рукIанин жалилан. Амма ГIабдуллагьица, Аллагьасул цIаралдалъун, гьедун абула: «ЖакъагIан Бичасул тушбаби дида гIодорегIанлъун рихьун рукIинчIо. Нужее бокьани, метерги ина дун Къуръан цIализе», - ян. АсхIабзабаз абула унгейин, дуца гIураб иш гьабунин исламалъул тушбабазе, гьезда рихараб Къуръан гьел ругеб бакIалда цIалиялдалъун.

ХIабашаталде гьижра гьабуразулъги гьев вукIана, гьениса тIадруссун хадуб Мадинаялдеги гьабуна ГIабдуллагьица гьижра. Аварагасул заманалда ккарал чIахIиял Бадру, УхIуд, Хандакъ, Хайбар бахъи, ХIунайн гIадал гъазаватазулъги гIахьаллъи гьабуна гьес.

Авараг накълулъун хадуб, асхIабзабазул халифатал щулалъиялъулъги жигараб хIаракат гьабуна ГIабдуллагь ибн МасгIудица. ШаригIаталъул хIукмабиги кутакалда лъалаан гьесда, фатвабиги гьарулаан, дарсалги кьолаан. ГIумар-асхIабас гьев Куфа шагьаралда къазилъунги тIамуна.

ГIусман-асхIабас халифлъи гьабулеб заманалъги чIаго вукIана гьев. Хвалил унти чIварав ГIабдуллагьихъе ваккизе вачIарав ГIусманица гьесда цIехана: «Щиб дур унтун бугеб, сунца рахIат хвезабулеб бугеб?» - абун. ГIабдуллагьица жаваб гьабуна: «Дирго мунагьаз рахIат хвезабулеб буго», - ян. «Щибго хIажалъи бугеб жо бугищ?» - ан халифас цIехедалги, гьес абуна: «Дир БетIергьанасул гурхIел насиблъани гIела», - ян.

Хвалил чапар тIаде щвараб лахIзаталъги ГIабдуллагь ибну МасгIуд мацIалда Аллагьасул цIаргун, Къуръаналъул аятал цIалулаго щвана Аллагьасул къадаралде.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...