Аслияб гьумералде

Цеве ккеялъул гIаламат

Цеве ккеялъул гIаламат

Цеве ккеялъул гIаламат

ГIали-асхIабасдасан бицун буго: «Цо къоялъ дица гьикъана аварагасул халифа Абубакарида: «Сундалъун дуе гьаб даража (макъам) щвараб, хIатта мун нижедаса цIакъ цевецин кканин?» - абун. 

 

Гьес жаваб кьуна: «Нужедаса дун цеве ккана щуго жоялдалъун: 1. Дида гIадамал ратана кIиго тайпаялъул. Цо рукIана дунялалда хадур лъугьарал ва цогидал рукIана ахират бокьарал. Дица тIаса бищана Аллагь ﷻ вокьи. 2. Дун исламалде вачIаралдаса байбихьун  дунялалъул тIагIамалъ гIорцIичIо. Щайгурелъул, Аллагьасул магIрифаталъул лазаталъ дун дунялалъул тIагIамалдаса машгъул гьавун вукIана. 3. Дун исламалде вачIаралдаса байбихьун лъеца дир къеч буссинчIо. Щайгурелъул, Аллагьасдехун бугеб рокьиялъ дун лъел тIагIамалдаса машгъул гьавун вукIана. 4. Щибаб нухалда дие кIиго гIамал кьедал, ай дунялалъул ва ахираталъул, дица ахираталъул гIамал тIаса бищулаан. 5. Аварагасулгун ﷺ дица гьалмагълъи гьабуна ва гьеб лъикIги ккана.

Гьел масъалабаздаса Абубакар киданиги ватIалъулев вукIинчIо. ХIатта гьев авараггун ﷺ нохъода цадахъ вукIана. Гьелъ букIана Абубакаридаги цIакъго къо бихьулеб букIараб, аварагасда ﷺ бихьарабго гIадин ва гьесдехун цIикIкIараб хурхен букIиналъе гIоло. Гьедин иш бугониги, гьев гьесдаса ватIалъичIо. Гьединго гьесдехун хилиплъиги гьабичIо, цо-цо асхIабзабазе гьеб ккараб гIадин».

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...