Аслияб гьумералде

Варани рехун тарав

Варани рехун тарав

 

Абу Заррица ислам боси

 

Абу Зарр гьавуна Маккаялъул шималияб рахъалда чIей гьабураб Гъифар абураб тухумалда. ХIижазалдаса Шамалде унел къапилабазе цIуни гьабун, гьел хьихьун щвараб харжалъухъ бетIербахъи гьабун рукIунаан гьел. Амма хъачагълъиги камун букIинчIо гьезда гьоркьоб.

 

Ахирзаманалъул авараг вахъиналъул хабар тIибитIун букIана гIарабазул ва сверухъ ругел улкабазда. Халкъалда гьабулеб бугеб зулмуги бихьун, Абу Зарр вукIана авлахъалда, лъугьа-бахъунелъул пикру гьабулев. Ислам босилалдего Абу Заррил ракIалъ къабул гьабулеб букIинчIо гIадамаз хъанчазе гьабулеб лагълъи.

Гьеб хIалалда вукIаго Абу Заррида рагIула Маккаялда авараг загьирлъун вугин. Гьеб хабар мухIканлъизе гьес жиндирго вац Унайс витIула Маккаялде.

Гьев тIадвуссиндал Абу Заррица гьесда цIехола щибин дуда бихьарабилан. Унайсица абула: «Дида вихьана лъикIал тIабигIатазде жинца гIадамал ахIулев чи, берцинаб каламги жинца бицунев, амма шигIруялда жибги релълъинчIеб», - ян. Вацасул каламалъухъ гIенеккун хадуб, Абу Заррица абула: «Дур каламалъ дир мурад тIубачIо», - ян.

Цинги Абу Заррица Маккаялде сапар бухьуна. Мажгиталде щведал Авараг ﷺ вихьуларищали халккун вукIуна Абу Зарр. Гьедин лъабго къо бала Аварагги ﷺ вихьичIого. Маккаялъул агьлуялдаса гурев чи мажгиталда чанго къоялъ халлъидал, ГIали-асхIабас гьесда цIехола мурад щибилан абун. Абу Заррица мурад бициндал гьев ГIали-асхIабас Аварагасде ﷺ аскIове вачуна. Авараггун ﷺ данделъидал Абу Заррица исламги босула шагьадатги битIула. Цинги Аварагас ﷺ гьесде амру гьабула тIадвуссайин дурго тухумалде ва жиндир амру бачIинегIан гьезда гъорлъ вукIайин дагIват гьабулев абун. Абу Заррица абула: «Дир нафс жиндир квершаликь бугев АллагьасхIаги дун гьаб шагьадат киназдаго рагIулеб хIалалъ ахIичIого чIеларо», - ян. Аварагасда ﷺ аскIосаги ун, КагIбаялде аскIове щведал, Абу Заррица, борхатаб гьаркьидалъун ахIула: «Ашгьаду ан ла илагьа илла Ллагь, ва анна МухIаммадан гIабдугьу ва расулугьу», - абун. Гьеб рагIарал къурайщияз гьев вухула. Гьеб хIал бихьарав ГIабасица Абу Зарр гьездаса хвасар гьавула. Гьедин исламги босун Абу Зарр тIадвуссуна Бану Гъифар тухумалъ чIей гьабураб рахъалде ва УхIудалъул гъазаваталдаса хадуб гурого гьесие Мадинаялде гьижра гьабизе рес ккечIо.

 

Абу Заррил хиралъи-тIокIлъи

Абу Зарр рикIкIуна ислам босизе цере ккарал асхIабзабаздасан. Гьел асхIабзаби ккола Аллагьасго жидер хиралъи загьир гьабурал гIадамал. Гьижрияб тарихалъул ичIабилеб соналъ жинда свалат-салам лъеяв Аварагас лъазабуна Табукалде гъазават гьабизе бугин ва хIадурлъи гьабеян. Ибн МасгIудица бицун буго, гьеб гъазаваталде унеб мехалъ цо чи вукIанин къокъаялдаса нахъе кколев, гьев вихьарал асхIабзабаз Аварагасда абунин пуланав чи нахъа хутIулев вугин абун. Жинда свалат-салам лъеяв Аварагас гьезда абула: «Нужеца гьев живго те, гьесулъ лъикIлъи батани - гьев нужеда нахъ регIила, батичIони -  Аллагьас нужеда тIаса гьесул жавабчилъи борхана», - ян.

Цинги Аварагасда абуна: «Я Бичасул Авараг, Абу Зарр вуго нахъа хутIун», - ян.  Абу Заррил варани хIинцго билълъунеб букIана, живго кватIун ккезе вугеблъи бичIчIараб мехалъ гьес вараниялдаса къайи-матахI тIаса босана ва гьебги мугъалде реххун, Аварагасда хадув гъезегIан лъелго ана.

РикIкIадасан валагьарав цо асхIабас абуна пуланав чи лъелго вачIунев вугин абун. Гьеб рагIарав Бичасул Аварагас абуна: «Абу ЗарргIаги ватагиха гьев», - ян. АскIове гIагарлъидал асхIабзабаз абуна: «Валлагьи, гьадав чи Абу Зарр вуго», - ян. Авараг вохана ва абуна: «Аллагь гурхIаги Абу Заррида, лъелгоги живго цохIоги вачIунев вуго, хвезеги живго цохIо вукIаго хвезе вуго, ахираталдаги живго цохIо вахъинавизе вуго», - ян.

Гьаб хабаралдасан бичIчIула, кигIанасеб хIаракат бахъулеб букIарабали асхIабзабаз Аварагасул амруялъе мутIигIлъизе. Жиндир варани билълъунеб гьечIин гIузруги бачинчIого, бакъул багIариги хIехьон, Мадинаялдаса 650 километралъ рикIкIад бугеб Табукалде бащдаб нух лъелго тана Абу Заррица.

Аварагасул ﷺ заманалдаго гIадин, Абу Зарр-асхIаб, хирияв Авараг ﷺ накълулъун хадувги гьесул халифзабазда цадахъги, гьезие къваригIаралъув ватулев кумекчилъунги вукIана.

Гьелъул хIакъалъулъ, Аллагьас хъван батани, хадусел номеразда бицина.

 

 

МухIаммадгIариф Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...