Аслияб гьумералде

Аварагасул цо-цо асхIабзаби

Аварагасул  цо-цо асхIабзаби

Аварагасул асхIабзабазул 14 асхIаб вукIана чIегIераб тIомалъул. Гьезул цо-цоял рукIана аварагасе хириял ва гIезегIан исламалъулъ машгьурал. Гьелги ккола:

Билал

Гьев вукIана исламалъул нухда мушрикиназдаса гIемераб гIакъуба бихьарав, АбуБакар асхIабас тархъан гьавурав лагъ. Гьев вуго исламалда тIоцевесев будунги. Гьесие рес щвана хирияб Маккаялдаги, Мадинаялдаги, Иерусалималдаги как ахIизе. Авараг чIаго вугеб мехалъги ва гьев ахираталде накълолъидалги гIемерал гъазаватазда гIахьаллъана. Цо къоялъ Аварагас : «Дур хIатIазул сас дида Алжаналъуб рагIана», - ян абидал, гьев кутакалда гIодана. Билалил хоб буго Дамаскъалда.

Нажаши (Негус)

Цевехун Авараг вихьичIониги ва хIакъикъаталда гьесул асхIаблъун жив вукIинчIониги, гьев ккола Мадинаялда Аварагасдасан жаназалъул как барав чи. Мушрикиназул рахъалъан тIаде кIанцIи цIикIкIиндал, Аварагас Эфиопиялде ритIарал бусурбабазе жанир чIезе бакIги кьуна Нажашица. Гьелгун дандчIваралдаса Исламги босана гьес.

Усама ибн Зайд

Зайд ибн ХIарисатилги Умму Айманилги вас вукIана гьев. ГьитIинаб къоялдаса нахъе Аварагасе кутакалда вокьулаан Усама. АнцIила щуго сон байдал, жиндиего бокьун Хандакъалъул гъазаваталдаги гIахьаллъана. Цогидал рагъаздаги кутакаб бахIарчилъиги цIодорлъиги бихьизабуна. 20 сон барав Усама, византиязулгун букIараб рагъда, бусурбабазул цевехъанлъунги тана Аварагас .

ВахIши

Ислам къабул гьабизегIан гьес УхIудалъул гъазаваталда Аварагасул имгIал ХIамзат чIвана. Ислам къабул гьабилалде гьев вукIана лагълъун. Аварагас гьесул шагьадат къабул гьабуна, амма жиндирго имгIал гьес чIвай кIочене кIвечIого вихьулев бакIалде вачIунгеян абуна. Авараг ахираталде накълолъидал, Абу-Бакр асхIабас Халид ибн Валидил бетIерлъиялда бугеб бусурбабазул бо битIана Ямамалъул мутIигIлъуларел тухумал мукIур гьаризе. Аварагасул имгIал чIвараб хочоца гьениб гьересияв авараг Мусайлимаги чIвана ВахIши ибн ХIарбица.

СагIд ал-Асвад

Гьев асхIабас Аварагасда абула тIом чIегIераб букIиналда бан, цониги чияс лъадилъун яс кьолей гьечIин. Цинги Аварагас жиндирго асхIаб ГIамрихъе витIана гьев яс гьарун. Гьесул яс йикIана кутакалда берцинай. ЧIегIераб кьералъул СагIд вихьидал ГIамрил ццин бахъана ва гьес гьариялъе жаваб гьабичIо. Цинги ясалъ, Аварагасул гьариялъе жаваб гьабичIого теялдаса хIинкъун, инсуда абуна жий гьесие инилан. Гьес гьей ячиндал бусурбаби гъазаваталде ахIизе байбихьана. Аварагас нахъе витIичIого вукIине гьумерги бахчун вагъулев вукIана СагIд. Гьеб гъазаваталда СагIд шагьидлъана. Гьевги кодов ккун Аварагас абуна: «Дун гIодулев вукIана дир вокьулев асхIаб нилъедаса ватIалъанин абун, амма Аллагьасда аскIоб гьесул даража бихьидал, дун гьимана», - ян.

ХIАМИД МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...