Аслияб гьумералде

Пихъил ахазул къадар гIемерлъана

Пихъил ахазул къадар гIемерлъана

2025 соналъул ахиралде Дагъистаналда пихъил ахазул гӀаммаб гIатIилъи бахана 77,9 гектаралде. ЦӀиял ахазул гIатIилъи лъагӀалида жаниб 4,5 нухалъ цӀикӀкӀана.  Гьедин лъазабуна республикаялъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъ.

Аслияб къагӀидаялъ ахазул къадар цIикIкIана Ахти районалда - 52 гектар; Рутул районалда - 12,9 гектар; Болъихъ районалда - 8 гектар; Гъуниб районалда - 5 гектар. Гьеб кинабго халтӀи гьабулеб буго республикаялъул хӀукуматалъул нухмалъулев ГӀабдулмус-лим ГӀабдулмуслимовасул хIаракаталда рекъон.

КIудияб бергьенлъилъун рикIкIине ккола 2024 соналъул маялда Ахти районалда, ралъдал гьумералдаса 1000 метралъ борхалъиялда бугеб бакIалда суперинтенсивиябин абулеб ах гьаби. Гьеб проекталъ бихьизабуна бокьараб бакIалда ахихъанлъи цебетӀезабизе бегьулеблъи.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...