Аслияб гьумералде

Рималъул папаяс бадибчIвай гьабуна

Рималъул папаяс бадибчIвай гьабуна

Рималъул папаяс бадибчIвай гьабуна

 

Швециялда пуланав бахьикъосас Къуръан бухIун хадуб, Рималъул папаяс лъазабуна гьединал жал гьариялде дандечIезе кколин ва гьеб эркенаб жамгIияталда цIакъ рекъечIеб пишаги бугин абун.

«Диназда хирияблъун рикIкIунеб кинаб бугониги тIохьол адаб гьабизе ккола. Адаб гьабизе ккола гьеб тIехьалда рекъон жидерго дин гьабулезулги», - ян лъазабуна понтификас.

Гьединго Рималъул папаяс абуна тIахьал рухIи рагIуе ва ишазе кьураб эркенлъилъун рикIкIине бегьуларинги.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...