Аслияб гьумералде

Имамзабазул мажлис

Имамзабазул мажлис

Имамзабазул мажлисХIебда росулъ тIобитIана Шамил районалъул росабазул имамзабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабурав районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIизудин ГьитIиножоевас бицана церелъурал масъалабазул хIакъалъулъ ва бичIчIизабуна хадубккун сунде кIвар кьезе ккезе бугебали. Гьес абуна бугелда гIей гьабун нилъ рукIине бегьуларин абунги. Гьелдаса хадуб «Инсан» фондалъул Шамил районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев Шамил ЗайнулгIабидовас имамзабазулгун дандбана рамазан моцIалъ районалъул росабалъ ифтарал тIоритIиялъул рахъалъ суалалги. Гьединго рехсараб мажлисалда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул хIалтIухъаби ХIабибула МухIаммадовасгун Зикрула СагIадуевасги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...