Аслияб гьумералде

Волонтеразул къец

Волонтеразул къец

Казбек районалда тӀобитӀана «Ас-салам» газета тӀибитӀизабулел волонтеразда гьоркьоб къец. ГӀага-шагарго 50 чияс гӀахьаллъи гьабуна гьелда. ГӀахьалчагӀаздаса тӀалаб гьабулеб букӀана материалал мухӀканго цӀали ва суалазе жавабал кьей.

Къецалъул мурад букӀана цӀалуде гъира бижизаби, пайдаяб лъай тӀибитӀизаби, гӀолилазе рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб канлъи кьей.

Конкурсалдаса хадуб бищунго лъикӀал гӀахьалчагӀазе кьуна гӀарцулал сайгъаталги.

Шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул Северияб округалда вугев вакил МухӀамад Мукъошдибиров; Казбек районалъул имамзабазул советалъул председатель Ражаб ГӀабдулазизов ва цогидалги.

Къецалда тӀоцебесеб бакӀ щвана Дилим росулъа МухIаммадов Абубакарие, кӀиабилеб бакӀ - Инчха росулъа АхӀмад ХIажиевасе, лъабабилеб бакӀ - Ленинаул росулъа Алжанат Занкиевалъе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...