Аслияб гьумералде

Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

Луганскиялда тӀобитӀана диназда гьоркьосеб гӀолилазул форум

«Халкъазул цолъи - улкаялъул къуват» абураб гӀолилазул форум тӀобитӀана Луганскиялда. Гьеб гӀуцӀана Дагъистаналъул муфтияталъ исламияб культураялъул фондалъул квербакъиялдалъун. Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионаздаса рачӀарал гӀахьалчагӀаз, гьезда гьоркьор бусурбабазул ва насраниязул вакилзабаз гьоркьоб лъуна миллатазда гьоркьосеб рекъел щула гьабиялъул ва гӀадатал цӀуниялъул суалал.

Пленарияб данделъи рагьана ЛНРалъул муфти МухӀаммад ГӀамбаровас. КӀалъазе рахъараз тӀадчӀей гьабуна цолъиялъул, экстремизмалде данде къеркьеялъул, СВОялъул рахъкквеялъул, гӀолилазе тарбия кьеялъул кӀваралда. Экспертаз гьоркьор лъуна радикализмалъул профилактикаялъул ва рухӀиябгун моралияб тарбия кьеялъул суалал.

ГӀуцӀарухъаби Ибрагьим ЯхIяевасе ва МухIаммад МухIаммадовасе кьуна «За активную гражданскую позицию» абурал медалал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...