Учительзабиги кIочон течIо
Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов Къурбан; диналъул церехъаби ва тӀолабго районалдаса гӀадамал.
ГIалимзабаз гьаруна вагIзаби, ахӀана нашидал. Хасго рекӀее асар гьабуна Аварагасул ﷺ гӀумруялдаса сценка бихьизабураб «Этос» рухӀияб театралъул спектаклялъул церерахъиналъ. Мажлис дандеккана цӀалул сон байбихьараб заманалде ва, гьединлъидал, кӀодо гьаруна лъай кьеялъе гӀоло щибаб къойил хӀалтӀулел мугIалимзабиги.
Гьеб къоялъ шапакъатал кьуна районалъул бищунго лъикӀал учительзабазе ва бищунго лъикӀав щуго цӀалдохъанасе.
Районалъул нухмалъулес баркала загьир гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъе, имамзабазул советалъул председатель ГӀабдулла Салимовасе гьединал тадбирал тӀоритӀизе санагIалъи гьабуралъухъ.