Аслияб гьумералде

ХIежалъул баракат

ХIежалъул баракат

ХIурматиял бусурбаи, арал къоял рукIана хIежгун гIумра гьабулеб заманалъул. ХIежалъул заманалда гьенире ракIаранщинал гIадамал рукIуна цого ратIлилъ. Гьенив ватIа вахъуларо бечедавгун мискинав, миллат ва тIомол кьералъухъ балагьуларо. Гьелъул мисал буго ГIарас-майданалде бахъинабураб халкъалъул.

 

ЦIияб заманалъул техника цебетIеялъул хIасилалда хIежалде къабул гьаризе кIолел руго цIакъго гIемерал гIадамал. Балагьеха, гьанже ругел ресазухъ. Самолеталда рекIун гьаваялдаса гьенире щола. Макка-Мадинаялда жаниги машинабазда рекIун доре-гьанире щола. Жанир рукIине санагIатал гостиницаби руго. ГIарафагун Минаялда рокъорго рукIунел гIадал бигьалъабигун санагIалъаби руго.

РачIаха балагьизин цебесеб заманалде. Нилъер Дагъистаналдаса лъелго рукIа, щвара-щваралда рекIун рукIа, хIежалде ине лъабго моцIидасаги цIикIкIун заман унеб букIун буго. Гьебги, хIинкъараб заманалда. Чанги чи нухдаго тIагIун вуго хъачагъаз гъара гьавун, чIван рехун. Щибаб бакIалда жалго цIунизе мухьги кьун чагIи кквезе кколел рукIун руго.

Салул авлахъалда бугеб багIариги, лъим къанагIатаб бакIги хIисаб гьабуни, кингIагидайин гьезда хIехьезе кIолеб букIараб гьеб къварилъиян ккезе бачIуна. Кодоб букIараб шагьи-параги лъугIун, нух-нухалда хIалтIун бетIербахъиялъе жо гьабунги чангияз борхулеб букIун буго хIеж.

Гьедин захIмат бихьун хIеж гьабурав чиясулги букIун буго гьединабго кIудияб къиматги. ХIежалде щварав чи кинабго рахъалъ ватIа вахъулевлъунги вукIун вуго.

Гьаб заманалда нилъее хIажатабги гьебго буго. КигIан гIемер хIажизаби ругониги гьелъул къимат дагьлъизе течIого букIине рекъола. Щайгурелъул живго Бичасул авараг ﷺ гьавураб, гIураб, жинда жанив гьев вукъун вугеб бакIалде щварал гIадамаллъидалха нилъ кколел. Жеги гьечIищ хIажичиясул дугIа рабигIул авалалъул къоабилеб къоялде щвезегIанги къабул гьабулин абураб. Гьеб буго кIудияб иш, магIнавияб рацIцIалъи, баракат. Гьеб цIунизе лъачIони гIадада хвезеги рес буго. Масала, рокъоб бугеб къиматаб жо цIунуларев чи гьеб кодоса тIагIун хутIиялда хIинкъи цIикIкIарав вукIуневгогIадин, хIежалда щвараб баракатги гьородахъ ине рес буго, цIуничIони.

Гьединго рекъараб буго хIажизабазул адаб цIунизе, гьездасан дугIа ва баракат тIалаб гьабизе. Нилъеца милат гьечIого тани, гьелдаса махIрумлъун хутIизе рес буго.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе. Амин!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...