Аслияб гьумералде

Дагниялда - цIияб мажгит

Дагниялда - цIияб мажгит

Дагниялда - цIияб мажгит

Табасаран районалъул Дагни росулъ тIобитIана гIелмияб мажлис. Гьеб тIобитIиялъе гIиллалъунги ккана гьениб цIияб мажгит рагьи.

Тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул муфтияталъул югалъулаб округалда вугев вакил ХIусен ХIажиев, Табасаран районалъул имамзабазул советалъул председатель Ансар Рамазанов, диниял хIаракатчагIи, муниципалитеталъул хIалтIухъаби ва цогидалги.

ХIусен ХIажиевас жамагIаталда баркана цIияб мажгит ва баркала кьуна гьеб баялда гIахьаллъи гьабунщиназе. Хасго баркала кьуна имамзабазул советалъул председателасе гьединаб мажлис гIуцIизе хIаракат бахъаралъухъ ва данделъарал ахIана жамагIат-каказда тIадчIей гьабизе. 

Табасаран районалъул администрациялъул бетIерасул тIоцевесев заместитель Рамис ГIусмановас баркала загьир гьабуна республикаялъул мутияталъе халкъалда гьоркьоб гьабулеб бичIчIикьеялъулаб хIалтIухъ ва абуна администрация хIадур букIин хIажатаб бакIалда кумек гьабизе.

Мажлисалда Баркалаялъулаб кагъат кьуна, мажгит баялъе гьабураб кумекалъухъ, АхIмадовазул хъизамалъе. 

Гьединго цIияб мажгиталъул имамлъун тасдикъ гьавуна ГIусман ГIабдулаев.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...