Аслияб гьумералде

Студентазулгун дандчIвай

Студентазулгун дандчIвай

Студентазулгун дандчIвай

ДРялъул муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъаби Муса МухIаммадовгун ва СаидмухIамад ГIумарасхIабовгун дандчIвана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул студентал.  

Спикераз бицана инсанас ракьалда гIумру гьабизе кколеб куцалъул хIакъалъулъ ва щай БетIергьанас инсаният бижарабали. 

«БетIергьанас инсан вижана Жиндие гIибадат гьабизелъун. Амма инсан вуго цIакъ загIипаб рижи. Напсалъул хIалги бергьине тун гьарула мунагьал ва кIочене тола БетIергьанасе бан букIараб гьа. Гьединлъидал гьаб ракьалда нилъеца тIамураб щибаб галиялъухъ ва абураб щибаб рагIухъ БетIергьанасда цере рахъараб къоялъ жаваб кьезе ккезеги буго», - ян бицана Муса МухIаммадовас.  

Данделъиялда хабар ккана тавбу гьабизе ккеялда тIасанги. Кин гьеб гьабилебали ва гьабулелъул цIунизе кколел тIалабазул бицана СаидмухIаммад ГIумарасхIабовас.  

Ахиралда, студентазул суалазе чIванкъотIарал жавабалги кьуна муфтияталъул хIалтIухъабаз.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...