Аслияб гьумералде

В. Путин: «Къуръан ккола хIурматияб ТIехь»

В. Путин: «Къуръан ккола хIурматияб ТIехь»

В. Путин: «Къуръан ккола хIурматияб ТIехь»

РФялъул президент В. Путиница лъазабуна Россиялда Къуръаналъул хIурмат гьабунгутIи кколин такъсирчилъи ва цо-цо улкабазда релълъун нилъ киданиги рукIинеги гьечIин абун. 

«Къуръан буго бусурбабазго гIадин цогидал диналъул вакилзабазги хIурмат гьабулеб ТIехь. Амма нилъеда лъала цо-цо улкабазда гьеб рахъалъ бугеб пикру. ХIатта Къуръаналъул адаб гьабунгутIи такъсирлъунцин рикIкIунаро. Амма нилъер улкаялда гьеб ккола такъсир гьаби ва гьелда рекъараб тамихIги гьабула», - ян абуна В. Путиница Къурбан-байрамалъул къояз Дербенталде вачIиндал.

Гьев щвана шагьаралъул аслияб мажгиталдеги ва гьесие сайгъат гьабуна Къуръанги.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...