Аслияб гьумералде

Юрковкаялда - цIияб мажгит

Юрковкаялда - цIияб мажгит

Юрковкаялда - цIияб мажгит

Тарумовка районалъул Юрковка росулъ рагьана цIияб мажгит ва гьелъул хIурматалда тIобитIана мажлис.

Тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул северияб округалда вугев вакил Ибрагьим Къулдуевас, Гъизляр районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Шамил БахIандгIалиевас, муфтияталъул вакилзабаз, районалъул росабазул имамзабаз ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана Аллагьасул рукъ баялъул ва къачIаялъул бугеб кIваралъул, рорхана динияб вацлъи цIунизе ккеялъул масъалабигун суалал.

Мажлисалъул заманалда росдал хIара-катчагIазе кьуна сайгъаталги. Масала, росдал жамагIаталъул рахъалдасан имам МухIаммад МухIамаевасе сайгъат гьабуна гIумраялде ине ихтияр кьолеб путёвка.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...