Аслияб гьумералде

200 чи кваназавуна

200 чи кваназавуна

200 чи кваназавуна

Германиялъул Кельн шагьаралда гIумру гьабун ругел турказ кIвараб кумек гьабула мискинал гIадамазе. «Tag der Wohnungslosen» абураб акциялда рекъон, щибаб къойилго гIадин гьез мискинзабазе кьола батIи-батIиял нигIматал жанир лъурал къучIби.

«Гьединаб кумек щварал чагIи рохулеб куц бихьидал, цIакъго гъира ккола кIвараб кумек гьабизе. ХIатта, гIемер рохиялъ, гIодулелцин камуларо. Масала, цо пуланав чияс абуна ахирисеб нухалда жинца донер-кебаб кванан букIанин анлъго моцIалъ цебе. Гьединал мисалаз ниж цIакъ разиги гьарула», - ян бицана акциялъул гIахьалчи Толга Озгюлица.

Гьедин, щибаб нухалда гьел сахаватчагIаз кваназавула 200 чи.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...