Аслияб гьумералде

ЦIияб мажгит рагьана

ЦIияб мажгит рагьана

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандицаги гIахьаллъи гьабуна ЦIияб Хушеталда, имам ШафигIил цIар кьураб, цIияб мажгит рагьиялъул тадбиралда. Гьединго тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовасги.

Шайих АхIмад-афандияс баркала загьир гьабуна мажгит баялда гIахьаллъи гьабунщинасе ва гьелъие квербакъаразе. Гьединго бицана гьудуллъи-вацлъи цIуниялда жаниб бугеб баракаталъул, халкъалда гьоркьоб рикьалаби ккезаризе бокьаразул мурадал тIураялъе квалквал гьабизе тIадаб букIиналъул. Рикьалаби гьариялъ рачунеб бакIалъул бицунаго рехсана ГIагараб Бакъбаккуда бугеб ахIвал-хIал ва гIадатияб халкъалъе гьелдасан бугеб зарал.

«Гьединлъидал нилъ рукIине ккола цолъун, хIалтIи гьабизе ккола цадахъ рекъон, цIунизе ккола вацлъи. Гьелъулъ буго нилъер талихIги гьелдасан буго баракатги», - ян абуна шайих АхIмад-афандияс.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...