Аслияб гьумералде

Къецал тIоритIана

Къецал тIоритIана

Къецал тIоритIана

Унсоколо районалъул Балахьуни росдал школалда, раббигIул-аввал моцIалъул хIурматалда, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру гъваридго лъазабиялъул мурадалда тIобитIараб къецазда гIахьаллъи гьабуна нусгоялдаса цIикIкIун цIалдохъанас (5-11 классал). Къецалъул тIоцебесеб бутIаялда лъималазда гьоркьоб гьабуна гьикъа-бакъи (тестирование). 75 проценталъ ритIарал жавабал кьурав щуго цIалдохъанасе заманги цIан тIадкъай кьуна Аварагасул ﷺ тIабигIат-гIамалалда ва хьвада-чIвадиялда хурхун жидедаго лъалебщинаб кагътида хъвазе ва бищунго лъикIал жавабал кьурав лъабгоясда гьоркьоб гьабуна «Умники и умницы» хIай.

Жюриялъ бергьарайлъун рикIкIана 8 классалъул цIалдохъан МухIаммадова Загьраъ ва школалъул дирекциялъул рахъалдасан гьелъие кьуна щуазарго гъурущ.

Къецалъул байбихьуда Аллагьасул ﷻ 99 хириял цIарал рекIехъе рикIкIана 7 сон барав Якъубов ГIумарасхIабица ва 10 сон барав МухIаммадов МухIаммадица. Гьезиеги кьуна гIарцулал сайгъатал.

МугIалимзабазул рахъалдасан къецал тIоритIиялъул хIаракатаб гIахьаллъи гьабуна ПатIимат МухIаммадовалъ, МухIаммад ХIажиевас, Муслим МухIаммадовас ва цогидазги.

ГъазимухIаммадил МухIаммад

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...