Аслияб гьумералде

МелъелтIа росдал цIияв имам

МелъелтIа росдал цIияв имам

МелъелтIа росдал цIияв имам

Исрапил-хIажи ИзрагIиловас 30-гIан соналъ тIубазабуна Гумбет районалъул МелъелтIа росдал имамасул ишал. Гьанже, сахлъи гьечIолъиялда бан, гьес гьеб иш тана. 

Республикаялъул муфтиясул цIаралдасан баркалаги загьир гьабун, гьевгун дандчIвана муфтияталъул вакил. Гьесие Баркалаялъул кагъат кьуна муфтиясул заместитель АхIмад МухIаммадовас. 

ЖамагIаталъул гьариги къабул гьабун росдал цIияв имамлъун тасдикъ гьавуна, районалъул имамзабазул советалъул председательлъун вукIарав ГIабдурашид ХIажиев. 

Гьединго росдал жамагIаталъ баркала загьир гьабуна Исрапил-хIажие гьанжелъизегIан имамасда тIадал ишал тIуразаруралъухъ ва цIияв имамасе гьаруна хIалтIулъ тавпикъ.

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...