Аслияб гьумералде

Бесдалал кIочон толаро

Бесдалал кIочон толаро

Бесдалал кIочон толароТIолгодунялалъул бесдалазул къоялда бан, Тарумовка районалда тIобитIана бесдалазе кумек гьабиялъул мурадалда тадбир. Гьелъул хIаракатчагIи-лъун цере рахъана «Инсан» фонд, районалъул рухIиял церехъаби ва бакIалъулаб муниципалитет. Тадбиралда кIалъазе вахъарав районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIали МухIумаевас абуна лъимал чияраллъун рукIунарин. Гьединлъидал щивав чияс гIахьаллъиги гьабизе кколин бесдалазе гьабулеб кумекалъулъ. «ЛъикIал, гурхIел бугел, сахаватал чагIи камун гьаб дунял букIунаро. Цо чиясде бачIараб къварилъиги ккола тIолабго жамгIияталде бачIараблъун», - ян бицана ГI. МухIумаевас. Тадбиралда лъимал кIодо гьаруна батIи-батIиял сайгъаталги кьун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....