Аслияб гьумералде

ГӀараб мацӀалда мажлис

ГӀараб мацӀалда мажлис

ДагъОгни шагьаралда бугеб шайих МухӀаммад-афанди Ярагъиясул цӀаралда бугеб мадрасалда тӀобитӀана гӀараб мацӀалда гӀелмуялъул мажлис. Гьелда гӀахьаллъана профессорал, студентал, гьалбал.

ГӀемерал гӀасрабаз Дагъистаналда бусурбабазул диниябгун маданияб нахърателалъулъ кӀвар бугеб бакӀ кколеб гӀараб адабият лъазабиялъул гӀадат цӀуниялъе ва цебетӀеялъе якъинго нугӀлъун букӀана гьеб тадбир.

Мажлисалъ бихьизабуна мадрасалъул мутагӀилзабазул ва мугӀалимзабазул гӀараб мацӀ лъаялъул рахъалъ бугеб даража.

Мажлисалъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана ДРялъул муфтиясул заместитель, шаргӀиял гӀелмабазул доктор МухӀаннад Жамал ас-Сакъа, ДРялъул гӀалимзабазул советалъул член Камалудин АхӀмадов, ДРялъул муфтиясул югалъулаб огругалда вугев вакил МухIаммадрамазан Ражабов, исламиял цӀалул идарабазул вакилзаби.

Тадбир лъугӀана лъикӀал тӀадкъаял къабул гьареян ва гӀелму щулалъизабеян Аллагьасде гьабураб гIаммаб дугӀаялдалъун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...